Гьал къоязда редакциялде бачӏараб Казбек районалъул Калининаул росулъа захӏматалъул ветеран Хайрудин Висаитовас бачӏараб кагътида хъвалеб буго:
«Дун хӏалтӏулеб заманалда дир захӏматалъул книжкаялда гьабун буго СССРалъул Министрзабазул советалъул рахъалдаса баркала кьеялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай, гъулбас гьабун буго Михаил Сусловас. Дир хӏалтӏул стажги бахуна 45 соналде. Дун вуго 85 сонил ригьалде вахарав чи.
Ветеранасе щибаб моцӏалда пенсиялде тӏаде кьола 504 гъурущ. Гьеб тӏаса къунцӏиялъе ургъулел «сабабалго» камуларо нижер районалда. Масала, Калининаулалда рищни баччаралъухъин абун, ЖКХялде кьезе кколеб буго щибаб моцӏалъ 20 гъурущ. Гьеб кьечӏого хутӏани, ветеранасе кколел бигьалъаби тӏаса рахъула.
Щибаб моцӏалда дица кьола газалъухъги токалъухъги гӏарац – счетчикалъул баяназда рекъон. Цӏунун руго гьеб кьеялъе нугӏлъи гьабулел квитанциялги. Ветеранасе кколел бигьалъаби кьезе абун босулеб справкаги кьоларо, гьел квитанциязухъ халгьабичӏого. Руго токалъулгун газалъул счетчиказулги гьезухъ гӏарац кьеялъулги халгьабулел харжги кьун тарал контролералги. Гьезухъ ругел баяназдасаги бихьула, ветераназда хадуб налъи бугищали. Амма гьедин гьабуларо – хвезе заман щварал ниж, гӏунсбиги рехъерхъун, хьвадизе тӏамула собесалдеги цогидал бакӏаздеги.
Гьелде тӏадеги, зама-заманалдасан росдал щибаб цӏаракиялъухъе рачӏуна, лъилниги гъулбасги гъоркь гьечӏел, чӏахӏиял кагътал. Дихъе бачӏараб гьединаб кагътида хъван бугоан, «дуда хадуб газалъухъ кьезе кколеб гӏарцул 87 азарго гъурщил налъи бугин» абун. Киса гьеб налъи бижараб, щибаб моцӏалъ гӏарац кьолеб бугониги? Кьелищха дица гьеб? Валлагьги кьеларо, кьезе ресги букӏунаро дир. Хадубго бачӏараб гьеб «талихӏалъул кагътида» абулеб бугоан дица 57 гъурущ кьезе кколин абун. Нахъеги бицана, 8000 гъурщил налъи бугилан. Вахӏ, бецаб капекцин дица кьечӏониги, доб тӏоцебесеб кагътида рехсараб налъи кибеха тӏагӏараб?!
Ноябралъул ахиралда дихъе ячӏана цо гӏадан. Гьелъ бачӏана, дица 1500 гъурущ кьезе кколин токалъухъин хъвараб добго «талихӏалъул кагъатги». Дица гьелда гьикъана, лъица духъе гьеб кагъат кьурабан абун. Гьелъги жаваб гьабуна, добаса бачӏанилан абун. «Екере, доеги ун, досухъего кье дуца гьеб кагъат!» — ан абуна дица гьелда.
Цогидал гӏадамазул жаваб кьеларо дица, амма нижеда, ветераназда, ракӏалде кколеб буго, щибаб моцӏалда токалъухъин, газалъухъин абун, нижеца кьолеб гӏарцуца батӏияб нухги босун, халкъ налъуда бугин абизе жал гьарулел ратилин абун. Гьединал «концертал» чӏалгӏарал нижеца хӏукму гьабуна Цӏияб соналъул авалалда Махӏачхъалаялде сапаралъ рахъине: ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе ине.
Гӏажаибаб жо буго – гьел «талихӏалъул кагътал» рачӏуна гӏицӏго пенсионеразухъе! Гитлерил фашизмалдаса бергьенлъиги босарал, рагъул кьогӏлъигун согӏлъиги хӏехьарал, кьалул авлахъалда ругезе тылалдаса кумекалъе нахъе къачӏел къвакӏарал гӏадамаз бокьараб жо хӏехьолин абураб пикруцин гуродай районалъул цо-цо хӏакимзабазул ботӏролъ щулаго кӏусун бугеб?!»
Редакциялъул рахъалдаса: Хайрудин Висаитовасул кагъат нижеца битӏун буго Казбек районалъул жавабияв хӏалтӏухъанасухъе. Хьул буго, кагътие жаваб кватӏизабунгутӏиялде.