Тӏоцебесеб иргаялда, бусаде ккаразул черх зама-заманалдасан биччараб катаналъ бацӏцӏина.

Гьелъие, тӏарсинибе хинаб лъелъе тӏела цо кӏудияб гъуд шампуналъулги 45 % спирталъул бащдаб стаканги ва багъарила. Гьелда гъорлъ ччураб катаналъ, ругънал лъугьунел бакӏазде хасаб кӏварги кьун, тӏолабго черх бацӏцӏина. Цинги черхалда ругънал лъугьарал бакӏазда бахина мазь ва эмульсия.

Мазь гьабула гьадин: босила щарил нахул 200 г, семечкадул нахул 200 г, цӏибахъараб накӏкӏигъотӏол пицӏцӏил 100 г ва найил хӏедул 100 г. Кинабго лъела чинидал цӏарагӏалъуб. Гьитӏинаб цӏаялда гьализабила 30 минуталъ. Цинги, бухӏилаго, мазь тӏела банкаялъубе ва, тӏад тӏалъелги къан, цӏорораб бакӏалда лъела. Лъикӏаб букӏуна мазь, ругънал лъугьинегӏан чӏечӏого, цебеккунго бахунеб бугони.

Эмульсия хӏадур гьабулеб къагӏида: цо кӏудияб гъуд шампуналъулги, кӏиго кӏудияб гъуд спирталъулги, кӏиго кӏудияб гъуд талькалъул яги лъималазул присыпкаялъулги, аспириналъулги стрептоцидалъулги лъикӏ хъурараб цо-цо таблетка цоцалъ журазарила. Хъахӏаб эмульсия лъугьинегӏан лъикӏ багъарила. Гьеб бахина ругънал лъугьарал бакӏазда. Заманалдасан эмульсия ругънадаса, макъарги лъугьун, бортула. Цинги гьеб цӏидаса бахуна. Щибаб нухалда эмульсия цӏияб гьабизе ккола.