Гӏажаибго берцинаб, гӏурччинлъиялъ жаниблъи бацараб, ралъдал карачелабазул хӏеренаб сасалъ беэдараб бакӏалда эхетун буго Каспийск шагьаралда бугеб Дагъистаналъул беразул микрохирургиялъул центр. Исана 12 сон тӏубала дагъистаниязе хӏажатаб, канлъи цӏуниялъе гӏоло рагьараб гьеб централъ.

— Гӏицӏго Дагъистаналъул росабалъа ва шагьараздаса гурелги, мадугьалихъ ругел Чачаналдаса, Ингушетиялдаса, хӏатта Азербайжаналдасагицин беразе сахлъи тӏалаб гьабун, канлъи цӏунизелъун рачӏуна гьанире унтарал, — ан бицана централъул директор, С. Н. Федоровасул цӏаралда бугеб премиялъул лауреат, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор, Дагъмедакадемиялъул берзул унтабазул кафедраялъул нухмалъулев, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул бетӏерав офтальмолог, медицинаялъул гӏелмабазул академиялъул академик Гӏабдулхӏамид Гӏалиевас.

Тӏадегӏанаб махщалил тохтурзабиги руго централда хӏалтӏулел.

Масала, Раисат Исмагӏилова. Гьелъул хӏакъалъулъ макъала хъвазе гьелде аскӏове щведал, гьелъ абуна:

— Щай дир хӏакъалъулъ хъвазе кколеб? Дагьалищ гьанир ругел дидасаги мустахӏикъал тохтурзаби? Гьале Наида Гъойтиева, гъоле отделениялъул нухмалъулей Аминат Тидулаева…

— Раисат Исмагӏилова йиго тӏаса бищараб махщалие ритӏухъай тохтур. Гьелъул анищги буго аспирантураялде цӏализе ине, — ян бицана Раисатил хӏакъалъулъ Аминат Тидулаевалъ.

Беразул сахлъи щула гьабизе централде вачӏарав Николай Михайловичас бицана:

— Кигӏан лъикӏха бугеб гьай Раисат Пахрудиновна гӏадал унтараздехун ракӏ унтун балагьулел, гьезул тӏалаб-агъаз гьабулел чагӏи ругеб мехалъ. Глаукомаян абураб берзул унти захӏматаб жо буго. Исана Раисатица дие ункъабилеб нухалда операция гьабизе буго.

— Дун Южно-Сухокумск шагьаралда машинаби къачӏалев устарлъун вуго. Кинабго жо берцинго бихьизе ккани, лъикӏал берал хӏажалъиларищха. Ахираб заманалда берзул канлъи дагьлъана. Гьелъ вачӏарав вуго гьаниве, гьанир лъикӏал тохтурзаби ругиланги рагӏун. Гӏемер бицунеб рагӏана дида Раисат Исмагӏиловалъул махщалил хӏакъалъулъ, — ян абуна Хӏасан Шагӏбановас.

Ахир-къадги ратана хӏалтӏудаса эркенал минутал Раисатида ва гара-чӏвари ккана гьелъул кабинеталъуб. Кидаго гӏадин, киеялиго гӏедегӏарай гӏолохъанай тохтур циндаго гӏодое йиччана, щибалиго ракӏалде щолеб хӏалалъ юцӏцӏун чӏана. Гьеб сихӏкъотӏи гӏемер халат бахъинчӏо.

— Щиб бицинеб? Лъаларо. Киналго росулъ гьарурал, гьенир гӏурал ва гьениб яшав гьабулел гӏадамазулго гӏадаб гӏумру букӏана дирги гьоркьохъеб школа лъугӏизегӏан. Дир эбелалда цӏар Пасихӏат буго, инсуда Пахрудин. Гьез дие лъай щвеялъе гӏоло бичана росулъ букӏараб мина, боцӏи-панз ва хъизамго гочана тахшагьаралде. Дун гурейги кӏигоги яс йиго нижер — Патӏиматги Аминатги.

— Раисат, щиб гӏиллаха ккараб тохтурлъиялъул махщел тӏаса бищиялъе?

— Дун, къокъго абуни, дарабазул махӏ бугеб рокъой гӏуна. Дир эбелалъул тӏолабго гӏумру ана цин росулъ фельдшерлъун хӏалтӏун, хадуб шагьаралда медсестралъун больницаялда унтаразе хъулухъ гьабун. Гьелъ батила дицаги гьаб махщел тӏаса бищараб. Дир гьитӏинай яц Патӏиматица инсул махщел тӏаса бищана. Гьей ккола экономист. Аминатиейин абуни бокьана психологлъун яхъине.

— Тӏокӏабги кинабха эбелалъе талихӏги рохелги къваригӏараб. Росгун цадахъ дихъа бажарана нижерго ясазул берцинаб гӏумру гӏуцӏизе, гьезие тӏадегӏанаб лъай щвезабиялъе кумек гьабизе. Хасго дир ракӏ разияб жо ккана Раисатица сахлъи цӏуниялъул ишалда жиндирго гӏумру бухьинаби, — ян бицана эбел Пасихӏатица.

Хадубги Раисатица бицана:

— Академиялда цӏали лъугӏун хадуб дида цебе чӏана кинаб махщелдай тӏаса бищилаян абураб бигьаяб гуреб суал. Малъа-хъваял гӏемерал рукӏана, амма дица хӏукму гьабуна инсанасе дунялалда бищун хӏажатаб жо берзул канлъи бугин ва гьеб махщел босизе бокьана. Дуцаго бералги къанщун хӏисаб гьабеха, бугищ бецлъуда вукӏун дунялалъулго тӏагӏамилан. Гьеле гьелъул хӏисабги гьабун, бищана дица берзул тохтурлъиялъул махщел. Мекъиги ккечӏо. Дие кутакалда бокьула дирго хӏалтӏи. Щивав чияс, жиндир берзул канлъиялъе сахлъи щварабго, воха-хинлъун баркала кьола рокъоре ун хадуб баркалаялъул кагътал рачӏуна, гьездаса дирги ракӏ бохула. Гьеб цохӏо дир гьунарги гуро, гьелда тӏад хӏалтӏулеб буго тӏолабго нижер центр.