Ахирал соназда инсанасул сахлъиялде кьолеб кӏвар киса-кибего гӏадин нилъер республикаялдаги цӏикӏкӏанин абизе бегьула. Рана цӏиял поликлиникаби, кардиологияб центр, Каспийскиялда берзул больница ва цогидалги районаздагун росабалъ сахлъи цӏуниялъул идараби.

Гӏадамазул унти рукӏалиде ккезабиялъул мурадалда Дагъистаналда гуребги, тӏолго Северияб Кавказалдаго сахлъи цӏунулеб идаралъун рикӏкӏине бегьула Махӏачхъалаялда бугеб хӏарщул больница, ай жакъа цӏияб цӏар бугеб «Республиканская больница восстановительного лечения».

1964 соналда чуязул бокь букӏараб бакӏалда тохтур Къагьир Гъамбулатовас кьучӏ лъуна гьеб больницаялъе, аскӏобго бугеб хӏорихъан даруяб хӏарщ, бухӏараб даруяб лъим хӏалтӏизабун хондроз, полиартрит унтаби сах гьарулаан. Чуязул бокь букӏараб бакӏ сверизабуна гӏадамал регулел палатабазде, рана ваннаби, хӏарщ бахунел кабинаби, ток лъолел, массаж гьабулел бакӏал, рана администрациялъе минаби. Амма рехсарал бакӏал рукӏана санагӏалъи гьечӏел, къваридал рукъзабахъ.

Хӏарщул больницаялда бугеб хӏалги хӏисабалде босун, гьениб унтарал регулел, кваналел, дараби гьарулел бакӏал цӏидасан санагӏатаб къагӏидаялда къачӏазе 1984 соналда Пятигорскиялъул курортологиялъул институталда больницаялъе цӏияб проект бахъана. Хадусел соназда тӏоцебесеб иргаялда бана санагӏатаб, унтарал кваналеб ва квен хӏадур гьабулеб мина, жакъа цадахъго нусиялда къого чи гӏодов чӏезе рес бугеб столовая буго гьениб. Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цебе бана администрациялъе ва дараби гьарулеб санагӏатаб мина.

Ункътӏалаяб ва кӏиго-лъабго унтарав вегизе бегьулел рукъзазул гьабураб проект кагътидаго хутӏун буго.

Больницаялъе бихьизабураб ракьалда хасал чагӏаз жалго бетӏергьанал минаби раялда сверухъ букӏана кӏудияб ахӏи-хӏур, амма гьелъул кинабгӏаги хӏасил ккечӏо. Сверухъ минаби раялъул хӏасилалда къотӏана бухӏараб лъим ва бащдаб лъагӏелгӏанасеб заманалъ, кӏигогӏан километралъул манзилалдаса бухӏараб лъим бачинегӏан, больница букӏана ваннаби гьаризе санагӏалъи гьечӏого.

Къогогӏан соналъ хӏарщул больницаялъе нухмалъи гьабуна медицинаялъул гӏелмабазул кандидат Казбек районалъул Буртунай росулъа Мусаев Ниязбегица. Хиса-басиязул соназда, кинабго гӏаммаб буголъи хасал гӏадамазул бетӏергьанлъиялде сверулеб мехалда, хӏарщул больницаги гьединго хасав чиясул бетӏергьанлъуде кьезехъин букӏана. Талихӏалъ, Ниязбегил хъизан, депутат, мунагьал чураяй Хӏамзатова Хӏаписатил жигаралдалъун биччачӏо больницаялда хъамалчагӏаз кверщел гьабизе ва гьеб цӏунун хутӏана киназего гӏаммаблъун.

Больницаялъул терапиялъул, неврологиялъул, гинекологиялъул отделениязда цадахъго лъабнусгогӏан чиясе хъулухъ гьабула. Больницаялде гӏансаги гӏунтӏун вачӏун вукӏарав, лъабкъоялда анцӏидаса цӏикӏкӏун сонал рарав кӏудияв чи, сахлъун хадув, больницаялъе гӏансаги сайгъат гьабун, нахъе иналъул нугӏлъун ккана гьаб макъалаялъул авторги.

Гӏадамал унго-унгоги сах гьарулеб больницаялдеги республикаялъул нухмалъиялъ кӏвар кьуни бегьилаан ва нус-нус унтаралги гьелдаса рази хутӏилаан.