Кидаго цо хӏалалда гӏадан вукӏунаро: бечедав мискинлъула, мискинав бечелъула, унтарав сахлъула, сахав хола, хӏорал ракъвала, бакъвараб хӏор лъел цӏун батула.
Гьединабго жо ккана исана Харахьи росдаеги, 14 км бачараб лъимги къотӏун. Гьеб къварилъи бихьидал, мадугьалихъ бугеб Гӏоротӏа росдал гӏолохъабаз кумек гьабуна нижее лъим чӏезабизе. Гьединго районалдасаги щвана гьеб.
Гьанже нижее бокьун буго лъим Мочӏохъан бахъизе. Гьеб суалалъ щун рукӏана ниж гьанжегӏагар Мочӏохъ росдал жамагӏаталъухъе.
Кутакалда асарги гьабуна нижер росдал къварилъи гьез, жидерабго гӏадин, къабул гьабиялъ. Мачӏхъадерица гьарурал кӏалъаязухъ гӏенеккидал, дида ракӏалде ккана, нижго хъвачӏого, бачун лъим кьелаанин гьез херехьдериеян.
Мурадги тӏубан, цӏакъ магӏна-гӏиналда нухарегӏана гьез ниж. Гьединал мадугьалзабаздаса ниж кутакалда рохана. Нижер жамагӏатгӏан, Аллагьги разилъаги гьездаса.
P. S. «Хӏакъикъат» газеталъул 2-абилеб номералда хъван букӏана 3 январалдаса нахъе лъимги гьечӏого хутӏараб Харахьи росдал хӏакъалъулъ. Сахъадерил магӏарда гъоркьан бачараб лъел рогӏороги цӏорон, лъим къотӏун буго гьенибе.
Хӏукуматалъ рагӏи кьун буго кватӏичӏого гьенисан цӏияб рогӏоро бачине. Гьединго херехьдерие бокьун буго, риидал пайда босизе гьебги тун, хасало хӏалтӏизабизе лъим Мочӏохъан бачине.