«Гьалагаб Къаралгӏор

Аваргӏурухъе,

Инсухъе вас гӏадин,

гӏедегӏун буго…»

Гьадинан раккула мугӏрузда иццал, гьадинан лъугьуна магӏарухъ лъарал. Гьел гӏемерал журан лъугьуна гӏорал. Гӏорал чвахула ралъдалъе. Гьениб хинлъун, гьаваялде сверун, накӏкӏал лъугьун, рала цӏадал… Цӏидасанги раккула иццалги лъаралги, лъугьуна гӏоралги. Гьединаб буго тӏабигӏаталъул гӏаламат, хӏикмалъизе жо батуларо. Гьанже гӏелмуялъ кинабго малъула.

Хӏикмалъизе жо гьанже лъугьунеб буго магӏарухъа гӏорал дагьлъулел рукӏинги, цоцахъе гӏедегӏизе ва ралъдалъе тӏуранго чвахизе толел гьечӏолъиги. Щаклъи гьечӏо, тӏадехун рехсарал мухъал Гӏумархӏажи Шахтамановас хъвараб заманалда гӏадинан Къаралгӏорги гӏедегӏулеб батуларо Аваргӏурулъе. Дие абизе бокьун буго гьелъулги чвахи хьадарлъун батилин, цебе гӏадин, кинабго гьеб Аваргӏурулъеги бачӏунеб батиларин. Щайин абуни, цо рахъалъ магӏарухъ гӏемер балеб гьечӏо гӏазу-цӏад ва цӏоролал мугӏрулги риун лъугӏулел руго. Кӏиабилеб, инсанас лъедаса, цохӏо черхалъе гуребги, магӏишаталъеги гӏатӏидго пайда босулеб буго ва гьединлъидал киналго гуро лъарал гӏоразулъе щолел ва гӏорал цере гӏадин гӏедегӏарал гуро ругел.

Гьеле гьединал, гӏурухъе щоларел лъарал гӏемерлъана магӏарухъ. Гӏадамазе рес ккана, резиналъул рогӏралги росун, рикӏкӏадал лъаразухъа росулъе лъим цӏазе ва гьедин магӏишатгун гӏумру лъикӏлъизабизе.

Сураталда бихьулеб Лъаратӏа районалъул Мазада росу буго лъарал рагӏалда бараб. Цебехун гьениб лъел къварилъиги букӏунароан. Амма киназего рес кколароан рагьтӏа пастӏаби гьаризе ва гъутӏби гӏезаризе. Лъарахъа лъим чвахизабизе санагӏалъи кколарезе гьелъие рес рекъолароан. Гьединлъидал араб гӏасруялъул бащалъиялда мазадисез байбихьана гӏурумухъ кквезе, лъим бахунел бакӏазда пихъил гъутӏби гӏезаризе. Басрияб росу, чӏвадназде сверун, лъугӏизехъин букӏана. Талихӏалъ, рес ккана резиналъул рогӏраздалъун лъим рикӏкӏадасаго цӏазе ва, щивасул рокъобе гьебги бачун, гӏумру бигьалъизабизе.

Амма гьелдаго цадахъ тӏабигӏаталъе ккана кӏудияб ками. Тӏагӏана Мазада жанисан чвахулеб букӏарабги лъар. Камуна гьеб аскӏосан унеб гӏоралъе ва дагьлъана Мазадаса щуго-анлъго километралъ гъоркьехун бугеб Аваргӏурулъе бачӏунеб лъимги. Бакъвана лъарамухъго. Гӏечӏо росдаего гьеб. Гьединлъидал гьале (сураталда бихьухъе), гьанже мазадисез резиналъул рогӏраздаса лъим цӏалеб буго рохьил рахъалда бугеб лъарахъаги. Лъида лъалеб, кигӏаналъ гьелъулги мухъ бакъвачӏого хутӏизе бугебали? Гьедин тӏагӏина цоги лъар. Гьединан лъугӏулеб, гӏурухъе щолареб чан лъардай бугеб Лъаратӏа районалда? Ратиларищха гьел Къаралмухъалдаги цогидал рахъаздаги. Гьединлъидал гӏисинал нилъер гӏорал Аваргӏурухъеги цере гӏадин гучалда чвахулел рукӏинищ. Резиналъул рогӏраца магӏарухъ гьабулеб революциялъул пикрабалъ вуго дун…