Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул ва Игорь Рыбаковасул «Отец» (Эмен) абураб тӏехьалъул презентация.
Аби буго, лъимадуе тарбия кьезе кинаб къагӏида инсуца тӏаса бищаниги, гьеб гьесда релълъараб гурого букӏунарин абураб. Гӏ. Нурмухӏамадовасул хъизамалдаги гьедин ккана.
Гьитӏинаб къоялдаса нахъего инсул гӏамал-хасият ва гьабулеб иш мисаллъун лъугьана Хӏабиб Нурмухӏамадовасе. Инсуца церелъун рукӏарал масъалаби ва гьесул анищал гӏумруялде рахъинаруна васас.
Жубараб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ дунялалда бищунго машгьураблъун рикӏкӏунеб UFC промоушеналъул чемпион куцалаго дандчӏварал захӏмалъабазул, рукӏарал бергьенлъабазул ва тренерлъи гьабулаго нахъа тарал соназул хӏакъалъулъ бицунеб буго Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас ва миллиардер Игорь Рыбаковас цадахъ хъвараб тӏехьалда.
Гьал къоязда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана дагьаб цебе басмаялда бахъараб «Эмен» абураб тӏехьалъул презентация (цебелъей). Гьениб Игорь Рыбаковас бицана жинца бизнесалъул дунялалде горду Дагъистаналдасан рагьанин ва хадубккунисеб гӏумруялъул нухдаги нилъер гӏадамал гӏемер дандчӏванин.
«Эмен» абураб тӏехь хъваялъе гӏиллалъунги Хӏабиб Нурмухӏамадов UFC-ялъул чемпионлъун вахъин кканилан абуна гьес.
— Дие бокьула цогидазда релълъинчӏел, жиделъ хаслъи бугел гӏадамалгун дандчӏвазе, гьединазулгун лъай-хъвай гьабизе. Хӏабиб UFC-ялъул чемпионлъун вахъарабго ракӏалде ккана гьевгун дандчӏвазе. Гьудул-гьалмагъзабаз балагьун щвана Гӏабдулманапил телефоналъул номер, анкьидаса гьевгун данделъана ва къотӏи гьабуна Ютубалъул каналалъе гара-чӏвари гьабизе. Чанго къоялдасан гьеб мурадгун щвана Махӏачхъалаялде. Лъикӏаб дандчӏвайги гьабун, Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас дун хадусеб къоялъ радал вачана Таргъу магӏарде векеризе. Ракӏрагьараб гара-чӏвари гьабизе бокьани, Таргъуялъул тӏогьиве вахине кколинги абуна гьес. Рес къотӏараб бакӏалде дунги ккезавун, рекӏун машинаялдагун живгоги ана. Хӏабиб Нурмухӏамадовги гьесда цадахъ вукӏарав лъабго-ункъоявги бер къанщилалде цереса тӏагӏана. Дунин абуни, бакӏаб цӏайиялда цеве вахъунев цо залимав спортсменгун, нахъа хутӏана. Захӏматго букӏана Таргъуялде вахине, амма бащдаб нухдаса кьурун нахъвуссунеб гӏадат гьечӏелъул, дун цеве ана.
Хӏалихъего щвана Таргъуялъул тӏогьиве. Гьанжегӏаги хӏухьбахъилин ракӏалде ккедал, эхетун гугаризе кколинги лъазабун, Гӏабдулманап, дов залимав спортсменгун, аскӏов эхетана. Палхӏасил, кинабго лъикӏ ана ва Нурмухӏамадовас дун жиндирго командаялда гъорлъе вачана.
Ютуб каналалъе Гӏабдулманапилгун гара-чӏвари гьабулаго бичӏчӏана Хӏабибил бергьенлъабазул кьучӏ кисан бугебали ва цо сагӏаталъ рагӏа-ракьанде щун киналъулго бицун бажарулареблъи. Гьеб мехалъ ракӏалде ккана гьаб тӏехь хъвазе, — ян бицана Игорь Рыбаковас.
Тӏехьалда, гӏицӏго Гӏабдулманапил гуребги, Рыбаковасул гӏумруялъул хӏалбихьиялъул ва гьесул хъизан-лъималазул хӏакъалъулъги хъван буго.
Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас данделъиялда бицана гӏадамасул къисматалда, гӏумруялда инсуца, тренерас, тарбиячияс кколеб бакӏалъул. Жив профессионалияв тренерлъун вахъунароанила тренераз кверчӏвай гьабичӏебани, гьезул малъа-хъваязухъ гӏинтӏамичӏебани.
— Дир рукӏана цӏакъ лъикӏал, бажари-гьунар бугел тренерал. Жакъа къоялъги ракӏалде щола гьезул малъа-хъваял, дарсал. Тренерасда цебе чӏараб аслияб масъала ккола гьезул унго-унгоял гӏадамал лъугьинари, яхӏ-намусалде куцай ва хадусеб иргаялда чемпионаллъун рахъинариги.
Гӏорхъи гьечӏого гьунар бугел, амма гӏаданлъиялъул къатӏра рекӏелъе тӏинкӏизабун бажаричӏел гӏемер спортсменазулгун къо-лъикӏ гьабуна дица. Дир залалда кидаго гьединазе бакӏги букӏинчӏо. Чемпионал гӏемер рукӏин гуро шартӏ, Нурмухӏамадовасул школалде хьвадулел спортсменал гӏакълу-лъай бугел, къадру цӏунарал рахъин буго. Дида цере ругьун гьарулел гӏемерисел атлетазда лъала лъабго мацӏ — жидерго миллияб, гӏурус ва къватӏисел улкабазул, — ан бицана Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас.
Гьесулго рагӏабазда рекъон, «чемпион» абураб рагӏиялъ гъорлъе рачуна гӏемерал рахъал ва тӏехьалда бицунеб буго, спорталда гуребги, батӏи-батӏиял рахъазда щварал бергьенлъабазулги. Мисалалъе, бизнес ва хъизан гӏуцӏулаго щварал бергьенлъабазул.
Данделъиялда кӏалъазе яхъарай Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул тӏоцеесей мугӏалим, Кироваул росдал школалъул директор Париза Элендулаевалъ рицана машгьурав тренерасулгун ккарал цо-цо интересал лъугьа-бахъинал.
— Нижер рукӏана гӏемер хъазал ва гьезие хъулухъ гьабулей йикӏунаан мунагьал чураяй эбел. Цо къоялъ хъазал бида рецӏцӏулел ругин, ккараб жоги лъаларин, къваридго ячӏана гьей рокъое. Хадусеб къоялъ, гьезда хадуб халккведал, тӏатана Гӏабдулманапица гьел жиндиралгогун рагъизе тӏамулел рукӏин. Доб заманалда школалдецин унарев гьев цӏакъ гӏанчӏав, малъараб гьабуларев, гьикъараб бицунарев вас ватилин ккун букӏана. Амма школалде цӏализе вачӏараб къоялдаса нахъего бихьизабуна гьес жив цебе лъураб масъала гӏумруялде бахъинабулев лъикӏав вас вукӏин. Цӏалулъги, хӏалтӏулъги, ай киса-кивего вукӏана гьев мисалиявлъун, — ан бицана Паризаца.
Тадбиралъул ахиралда Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас лъазабуна хадубккунги тренерлъи гьабизе ва гьелдаго цадахъ тӏахьалги хъвазе ругилан.
— Гьаб гӏумруялда Аллагьас дие кинабго кьуна. Гьелъухъ щукруги гьабула Тӏадегӏанасе. Амма цого-цо масъала буго гӏумруялде бахъинчӏого хутӏараб — дица куцарал спортсменазда гьоркьов гьечӏо Олимпиялъул чемпион. Дагьаб цебе дица Махӏачхъалаялда рагьараб спортивияб школалда рукӏине руго дзюдоялъул, эркенаб гугариялъул, боксалъул ва тхэквондоялъул секциял. Аллагьас хъван батани, кватӏичӏого Олимпиялъул чемпионги вукӏина нижер кьеразулъ, — ан абуна Россиялъул мустахӏикъав тренерас.