5 февралалда «РИА-Дагъистаналъул» редакциялда тӏобитӏана Чотӏахъабазул федерациялъул вакилзабазул пресс-конференция. Республикаялда гьединаб федерацияги гӏуцӏана дагьаб цебегӏан.

Официалияб куцалъ, федерация хӏисабалда, гьелъие аккредитация щвана гъоркьиса Таргъу магӏарда рукӏарал чуял тӏамиялъул къецаздаса хадуб. Гьелъул президент ккола бизнесмен Зубай Мухӏамадов.

Умумузул заманалда чуязде букӏараб хӏажалъиги гьезул къиматги жакъасеб наслуялъе цӏигьаби бугин жидер аслияб мурадилан бицана гьес.

Федерациялъул исполнительнияй директор ккола Гӏайшат Гӏалиева. Гьитӏинго байбихьана гьелъ чуязул гӏумруялъул хӏакъикъат лъазабизе, гьабсагӏат зоотехниклъун хӏалтӏулейги йиго.

— Нилъер республикаялда гӏезегӏан машгьурлъун руго чуял тӏамиялъул къецал, — илан бицана гьелъ. — Амма нижеда ракӏалда буго гьелдаго цадахъ чуял тӏамиялъул классикиял къецалги цӏикӏкӏинаризе. Гьезда гъорлъе уна конкур, троеборье ва гьел гурелги чотӏа гьарулел гьунаразул тайпаби. Гьединго машгьурлъи щун буго дунялалда пуланаб манзилалда чуял рекеризе риччаялъул рахъалъги. Хасго гьелде кӏудияб кӏвар буссинабулеб буго гӏарабаз

Федерациялъул вакилзабазда ракӏалда буго цохӏо чуязул къецал машгьур гьари гуребги, гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъулъ гӏахьаллъизеги. Мисалалъе, лъимал чуязда гьунарал гьаризе, чӏорал речӏчӏизе, гьел гурелги, цере умумуз тӏоритӏулел рукӏарал къецазе куцазе.

Гьединго Гӏайшат Гӏалиевалъ бицана чуязда рекӏун хьвадиялъ гӏадамал сах гьарулеб куцалъул хӏакъалъулъги: «Мисалалъе, Бакътӏерхьул Европаялда машгьураб буго ипотерапия абураб медицинаялъул бутӏа. Сахлъиялъе сакъатлъи бугев чи чотӏа рекӏун хьвадиялъ кӏудияб пайда кьола. Нилъер республикаялдаги гьединал гӏадамал гӏемер ругелъул, гьанибги хӏалтӏизабизе буго гьеб къагӏида. Гьединаб ишалъе кӏиго чиги цӏализе витӏулев вуго нижеца».

Гьелъие гӏадамал куцалеб центр буго нилъер пачалихъалдаги. Централъе нухмалъиги гьабулеб буго машгьурав киноактер Дмитрий Певцовасул эбелалъ.

Чотӏа гьунарал

Хӏабургъарал 90-абилел соназда чадида хадур лъугьун рукӏун, росдал къо гӏадал байрамалги этноспорталъул батӏи-батӏиял тайпабиги тӏуранго кӏочон рукӏана республикаялда. Гьанже цӏидасан гьезде тӏад руссунел ругин, дунялалдайин абуни этноспорт кутакалда цебетӏун букӏиналъул бицана чотӏахъабазул федерациялда этноспорталъул бутӏаялъе нухмалъи гьабулев Жамалудин Махтибековас.

— Мисалалъе, Россиялда кӏудияб машгьурлъи щвана Тед Пединг абураб тайпаялъе. Гӏадатияб мацӏалде буссинабуни, гьеб ккола чотӏа вукӏаго ярагъ хӏалтӏизабиялъул къецал. Джигитовка – чотӏа тӏад гьунарал гьари. Нилъер гьаниб умумузул заманалдаго машгьураб букӏана гьеб. Гьединабго куцалда церетӏолел руго чотӏа рекӏун рукӏаго ярагъ хӏалтӏизабиялъул къецалги. Гьабсагӏаталда республикаялда гьединал чотӏахъабазул щуго чи гурони гьечӏо, дида ккола гьел жеги цӏикӏкӏинилан. Хадубккун дунялалъул аренаялде рахъине ракӏалда буго нижеда. Гьелъие ругьунлъизе бокьарав чи вачӏа нижехъе, — йилан абуна Ж. Махтибековас.

Этноспортго гӏадин, республикаялда чуязул туризмги цебетӏолеб бугин бицана ДРялъул туризмалъул федерациялъул нухмалъулев Шарип Муриловас.

— Жакъа мугӏрузул мухъазда ругел гӏемерал районазе бокьун буго жидерго доба туризм цебетӏезабизе, гьеб мурадалда гьез рокъор чуялги хьихьулел руго. Амма гьелъие цин хӏалбихьи букӏине ккола чиясул. Щайгурелъул тӏоцеве мугӏрузде вачӏарав къватӏисеб улкаялдаса турист вачун чода рекӏинавизе бегьуларо. Гьелъие хӏажалъула цебеккунго хӏадурараб маршрут, ругьун гьабураб чу. Гурони — бокьараб къварилъи ккезе рес буго. Узухъда, чанги турист вукӏуна экстрималъул хӏалбихьизе бокьиялъ ракӏалде ккараб жо гьабизе хӏадурго, амма нилъго цӏодорго рукӏине ккола. Гьединлъидал цӏакъ лъикӏаб ишалде байбихьун буго Чотӏахъабазул федерациялъ. Нижерго рахъалдаса бажарараб кумек гьабизе нижги кидаго хӏадур руго, — ян абуна гьес.

Журналистаз федерациялъул вакилзабазда гьикъана нужеца гьел киналго къецал кир тӏоритӏизе ругелилан. Хасго ипподром бичун букӏиналъул харбалги ругелъул. Гьанже гьенир аскӏор гӏемертӏалаял минаби разе байбихьунги буго.

Гӏайшат Гӏалиевалъул рагӏабазда рекъон, гьезул аслияб база буго Махӏахъалаялъул Учхозалда аскӏоб, «Узден» абураб чотӏахъабазул клубалда. Жибго ипподромалъул къисматалда хурхун жидеда щибго абизе кӏоларин жаваб кьуна гьелъ.

Гьал къоязда интернеталда хъвалеб бугоан Шамил имамасул хӏакъалъулъ кино бахъизе чотӏахъабазул кастинг байбихьулеб бугин Кабардино-Балкариялда. Гьенир гӏахьаллъизе руго нилъер республикаялдаса чотӏахъабиги.

Гьелъул хӏакъалъулъ жинда рагӏун букӏинчӏин абуна Жамалудин Махтибековас, амма жив дандечӏарав вугила кино бахъулеб мехалда гьенир чуялги гӏахьаллъизе рукӏиналда.

— Лъикӏаб дубль лъугьинегӏан, цого сценаги чанго нухалъ такрар гьабун, чуязе гӏакъуба кьола кино бахъулел чагӏаз. Шамил имамасул хӏакъалъулъ кино бахъиялда дандечӏун вукӏана дун. Ахирги цо лъикӏаб, камилаб куцалда бахъичӏого, жидедаго берцин бихьараб къагӏидаялда бахъана кинематографаз гьанжелъагӏан чанго кино, амма лъицаниги гьел реццулелги рагӏичӏо, — ян абуна Ж. Махтибековас.

Хадурагӏи

Магӏарухъ кидаго къимат гьабулаан чодул. Хъизамалъул чиясдехун гӏадаб адабги букӏана гьелдехун. Гьеб къимат жакъа цӏидасан цӏилъулеб бугин абизе бегьула. Магӏарухъ гӏолохъабаз лъикӏаб багьаги кьун росулел руго чуял. Инсанасдаго хадуб хира гьабун буго чу исламалдаги. Шагӏир Гӏумар-Хӏажи Шахтамановасул кочӏолъ руго гьадинал рагӏаби:

Хасаб асар буго дир чуяздехун…

Гьезул малакь гӏуна дирги лебаллъи.

Гьанже чу бихьани, ракӏалде щола

Рагъул заманаги, нилъер мугӏрулги.

Дирги букӏана чу цӏадул кьер бугеб,

Кьолокь басандулеб, дир мацӏ бичӏчӏулеб

Хӏихӏиди гӏарцулаб, гӏамал чалухаб,

Гӏодоб хӏетӏ хъвалареб, пунхъи парччахӏаб.

* * * * ** * * * * * * * * * * * * * * ** * *

Амма чуял?… Думалъ рагъда хутӏана

Росабалъан арал нилъер айгъирал.

Гьединлъидал гурищ гьезул наслудул,

Гӏарцулаб хӏихӏиди къанагӏалъараб.

Огь, чуял, огь, чуял, чабхил нухазда

Нужер тӏикъвабазул къанагӏатаб кечӏ!

Бихьиназул чӏухӏи, мугӏрузул гугьар

Гурхӏараб хӏал буго хӏалчӏахъадазул.

Хасаб асар буго дир чуяздехун…

Дагъистан, дур чилъи, чотӏайин гӏураб!

Риччанте цӏикӏкӏине чуял магӏарухъ. Хӏажатаб къоялъ кьолон гьебгун къватӏире рахъине кколеб къо бачӏинеги бегьула, щиб лъалеб…