Гьанжегӏагар Минеральные Воды шагьаралда рагӏалде бахъана «Лидеры России» конкурсалъул СКФОялда тӏобитӏулеб бутӏа.

Финалалде рорчӏарал гӏахьаллъизе руго улкаялъул киналго регионазда бергьаразул къецазда.

Палхӏасил, Минводыялде рачӏарал «лидеразул» бищун кӏудияб къокъа Ставрополь краялдаса букӏана – 106 чи. Гьезда хадубго рехсолеб букӏана Дагъистаналдаса къокъаги – 87 чи.

Гьедин Ставрополь краялдаса финалалде ворчӏана 14-яв, Дагъистаналдаса — 7-яв, Кабардино-Балкариялдаса — 4-яв, Северияб Осетиялдаса — 2-яв, Чачан Республикаялдаса — 2-яв, Карачаево-Черкесиялдаса -2-яв.

Финалалде рорчӏарал дагъистаниял ккола – Фарид Абалаев, Хӏажимурад Гӏабашилов, Вагьаб Гӏабдулхӏамидов, Гӏалихан Аварский, Адил Акавов, Сагӏаду Казиев, Патӏимат Гӏумарова.

Гьанир гъоркьехун кьолел руго гьеб конкурсалъул хӏакъалъулъ цо-цо пикраби:

Идрис Юсупов, «Новое дело» газеталъул журналист, конкурсалда кӏицӏулниги гӏахьаллъарав, амма финалалде ворчӏичӏев:

— Дун гъоркьисаги гӏахьаллъана гьеб конкурсалда. Бащдаб финалалде ворчӏун вукӏана. Гьединлъидал исанаги хӏалбихьизе ракӏалде ккана. Цевехъанлъи гьабизе малъулеб, чиясулъ гьединаб махщел тӏатинабулеб гӏезегӏан пайдаяб конкурс буго гьеб. Тӏадежоялъе, тӏолабго Северияб Кавказалдаса церетӏураздаса церетӏурал гӏадамал данделъараб бакӏалда батӏияб асарги букӏана, лъикӏал лъай-хъваялги ккана.

Амма дида цо жо бичӏчӏичӏо гьениб. Кинаб къагӏидаялдалъун, щиб берцин бихьун жюриялъ чи тӏаса вищулевали. Гьез нижедаги бицинчӏо гьеб. Ахиралда лъазабула гьалги-гьалги чагӏи бергьанилан. Сундуе гӏолояли лъиданиги лъаларо.

Кин букӏаниги, ун лъикӏ нилъер чагӏи гьединал къецазде. Гъоркьиса анлъго дагъистанияв вачӏун вукӏана финалалде. Амма гьезул цонигияв бергьинчӏо. Исана анкьгоял рахъана финалисталлъун. Балагьила, улкаялъул даражаялда кинаб къимат гьезие кьолебали.

Гъоркьиса рукӏараздаса цӏикӏкӏун чагӏи рачӏун рукӏана нилъер республикаялдасаги. Гьебги лъикӏ гьечӏищха?

Хӏажимурад Гӏабашилов, «Лидеразул» финалист, («Хъиргъу» компаниялъул директор):

— Дун гӏажаиблъизавуна дора гӏахьаллъарал нилъер республикаялдаса вакилзабаз. Кутакалда къуватал конкурентал ратана гьел. Гьезул рахъалъ дирго гӏадаб пикру цогидал республикабаздаса вакилзабазги загьир гьабуна.

Гьенире ракӏарун рукӏана жал чара гьечӏого церехун ине кколин абураб пикруялъ кодоре росарал, амма гьеб лъаялдаса чӏухӏи яги рекӏелъ жахӏда-хӏусуд гьечӏел гӏолохъаби. Цоцазулъ къец балел рукӏин лъаниги, гӏезегӏан гӏодоре риччан, жидедаго ракӏчӏун кӏалъалелги хьвада-чӏвадулелги рукӏана дора киналго. Гьудуллъиялъул асар букӏана сверухъ. Амма, битӏун бицани, дидани ккун букӏана гьениб ракӏчӏегӏерлъиги ццимги камиларилан. Гьединаб бакӏалда конкуренцияги хӏиллаги халлъи гӏадатияб жолъидалха.

Дунго финалалде ворчӏиялдасаги цин вохана, хадув гӏажаиблъана. Дие хӏажат букӏана конкурсалде рачӏарал церетӏурал пикрабазул, бербалагьиязул гӏадамазулгун лъай-хъваял, бухьенал гьари. Гьединлъидал, цо гъорлъе ваккун, конкурсалъул тӏалабгицин гьабулеб букӏарабищ дицаяли… Амма гьедин бухьенал гьаризе ва гьелдалъун гӏадамал цолъизаризе конкурсантазул бугеб махщалидеги кӏвар кьураб къагӏидаха жюриялъ.

Нилъер гьаниса 87-гӏан чи дове вачӏиналъул магӏна ккола гьеб конкурсалде божилъи гьабулеб букӏин. Гъоркьиса гьенив бергьарав Абзагьир Хӏусенов ДРялъул росдал магӏишаталъулгун продовольствиялъул министрлъун теялъги цӏакъго ракӏбазабуна гӏадамазул.

Гьединго нилъер гьаниб гӏадат буго цо чияс щибниги гьабуни, жиндир камураб щибин, жиндаги кӏоларогойищ гьебго жо гьабизеян, цоцазулъ къец бай. Хасго спорталъулъ дандчӏвала гьеб. Гьанже лъаялъулъги баккулеб буго.

— 87 чиясда гьоркьоса 7 чи финалалде ворчӏи кин дуда бичӏчӏулеб?

— Гьеб гӏезегӏан лъикӏаб хӏасил буго. Нилъеразул анцӏго чиниги бергьинилан абураб хьул букӏана нижер. Щал гьел рукӏине бегьулелали нижецаго цере чӏезарунги рукӏана. Масала, дидаги Гӏалихан Аварскиясдаги гӏемерисез абулеб букӏана жидеда ракӏчӏун лъалин нуж кӏиялго бергьине рукӏин. Амма нижедаго гьедин кколеб букӏинчӏо. Нижер пикру букӏана жюриялъе къваригӏараб куцалда лидерлъи гьабизе бажарулеб батиларин нижехъаян абураб. Хӏакъикъаталда абуни, гьез лъикӏаблъун рикӏкӏана пуланаб ишалда гъорлъе гӏадамал цӏазе, пуланаб пикруги рекӏелъе биччан, чи цо ишалде машгъуллъизавизе бугеб гьунар. Жюриялъ гуро нижее гьеб баян гьабураб. Гьедин батилилан нижедаго ракӏалде кколеб буго, киналъулго хӏисаб гьабидал.

— Лъиде букӏаниги цӏайи букӏанищ гьезул, ай цоял цере гьарун, цогидал нахъе цун?

— Букӏинчӏо. Масала, техника чӏун хутӏиялда, хвеялда бан цо-цоял кватӏулел рукӏана жавабал кьезе. Гьезиегицин кумек гьабуна жюриялъ. Гӏицӏго цо хӏужа рекӏее гӏечӏо нижее – хъвадарухъан ва гӏалимчи, Кубачиса Сагӏид Ниналалов конкурсалде виччачӏолъи. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьев судалде гъоркье ккарав чи вукӏин. (Кубачи росдал художествияб комбинаталъул директорлъун вукӏаго, чанго соналъ жанив тӏамун вукӏана гьев – ред.).

Шугӏайнат Мухӏамадова, Минводыялда конкурсалда хадуб халккун йикӏарай «Махачкалинские известия» газеталъул бетӏерай редактор:

— Цо бакӏалде данделъарал цебетӏураб лъаялъулги, гьанже заманалъул къагӏидаялда хӏалтӏизе бажарулеб пикруялъулги махщалилги гӏадамал рихьидал, рекӏее гӏажаибаб асар лъугьинчӏого хутӏуларо.

Бокьараб ригьалъул чиги гӏахьаллъизе бегьула гьенив. Гьединго цо командаялде ккезе бегьула пуланаб идараялъул нухмалъулевги гӏадатияв хӏалтӏухъанги. Жюриялъе батӏалъи букӏунаро дур хъулухъ-пишаялъулги дуда нахъа бугеб бечедаб тухумалъулги.

Гьединго исана журналистазе тӏоцебе рес щвана финалистазда цадахъ цо столалда нахъа гӏодорги чӏун, ишалъулал хӏаязда гӏахьаллъизеги. Гьелдалъун нижеда бичӏчӏана конкурсалда суалазе жаваб кьолелъул гӏахьалчагӏазул кинаб хӏал букӏунебали.

Палхӏасил, Северияб Кавказалъул курортал туристазда берцин рихьиялъе щиб гьабизе кколебин абураб суал лъуна экспертаз нижеда цебе. 10 минуталдасан нижеца жаваб кьуна гьеб регионалъулги гьелъул гӏадамазулги рахъалъ интернеталдеги прессаялдеги гӏицӏго лъикӏаб, ракӏ тӏаде цӏалеб информация гурони рехизе бегьуларилан. Гӏурусалъ абуни, информациялъул фон абураб жо лъикӏлъизабизе кколин. Ниж журналисталлъидал, жавабги гьелдаго релълъараб кьунаха.