Хиса-басиязул гьогьен
Ассаламу гӏалайкум, гӏагараб, бокьулеб, бокьараб заманалда нужее божараб гьудул-гьалмагълъун букӏине хӏадураб «Хӏакъикъаталъул» къадруял цӏалдолел!
Магӏнаяб, гъваридаб, нужер ургъелазул гъамас ричӏизе кӏолеб, пикрабазул ханлъун, хиялазул нурлъун лъугьине рес бугеб миллияб казияталъул коллективалъул цӏаралдаса цо гьитӏинабго хитӏаб гьабизе ракӏалде ккана жакъа. Жиндир бечедаб тарихги цӏарги бугеб, жиб гӏуцӏаралдаса гӏасруялдасаги цӏикӏкӏун заманги араб авар басмаялда хӏалтӏизе ва хӏатта гьелъие нухмалъи гьабизе щвей дица рикӏкӏуна гӏумруялъулго талихӏлъунги тамашаяб битӏккейлъунги.
Гьале лъабго моцӏ ана дица «Хӏакъикъаталъе» нухмалъи гьабулелдаса. Щибха гьабизе кӏвараб нижеда гьеб къокъаб болжалалда жаниб?
Бицинегӏан кӏудиял, кӏалцӏун рехсезе мустахӏикъал ишал гьаризе кӏвечӏониги, авар миллаталъул матӏулъун кколеб казияталъул гьумер дагьа-макъабго хисизабизе, цӏилъизабизе бажарана.
Гъоркь рукӏарал рагӏул унго-унгоял устарзабазул хӏалбихьиялда ва тӏаде рачӏарал журналистазул гъираялда мугъчӏвайги гьабун гӏуцӏараб хӏалтӏуца хӏасилалги квешал кьолел гьечӏо.
Цӏалдолел рази ругин ккола жакъа казияталда информациялъулаб рахъ лъаледухъ хисиялдаса. Гьелъие «гӏайибияллъун» ккола машгьурай журналист Хӏажиева Зульфияги гӏезегӏан жигарав мухбир Ашахан Юсуповги.
Адабияталъул, маданияталъул ва исламияб диналъул тӏагӏам цӏалдолезул кӏутӏбузда хъвазабизе кӏвечӏони, жиндие хӏалхьиги рахӏатги букӏине гьечӏилан ракӏчӏезабулеб буго, чанго соналъ Шамил районалъул казияталъул бетӏерай редакторлъунги хӏалтӏун, нахъеги «Хӏакъикъаталде» тӏад юссарай Гьитӏинова Патӏиматицаги.
Гьединго тӏад буссана сатирияб гьумер «Бахьикъосги». Цебе гӏадин эркенго хӏакимзаби какизе рес гьечӏониги, ракӏалда буго, машгьурав классик Цӏадаса Хӏамзатил къагӏидаялъ, реццун-какун гьезул тату хвезабизе.
Инкар гьабуна гӏурус мацӏалда биччалеб букӏараб кӏиго гьумералдасаги. Гьадинги рекӏеда рекӏун бугелъулха, магӏарухъцин гъира-шавкъалда хъурулеб, кӏудиял вацазул мацӏ.
Байбихьана кӏиго мацӏ жидер бугел магӏарулазул мацӏазда гьурмал риччазеги. Гьанжелъагӏан къватӏире рачӏана бежтӏадерил, гьинухъисезул мацӏазда гьурмал ва жакъасеб номералда кьолеб буго гӏахьвалазул мацӏалдаги гьумер.
Амма буго, хӏурматиял магӏарулал, нилъ киналго пашман гьарулеб цо суалги. Гьеб ккола миллион къадар бугеб къадруяб миллаталъул казияталъул тираж щуазарил гӏорхъодецин бахинчӏолъи.
50 азарго чи вугеб дирго гӏагараб Болъихъ районалда гӏицӏго 290 экземпляралъе подписка гьабун буго. Кинха дица къимат кьелеб цогидал районазе? Шагьар гӏадаб Ансалтӏаги, Шодродаги, Зилобги, Гӏалахъги цониги казият хъвачӏев дир рес гьечӏо районцояз адаб-хӏурмат гьабунилан вохизе яги чӏухӏизе. Ресалда, санагӏаталда ва намусалда рекъараб хӏалтӏи гьабун буго хӏалчӏахъадаз.
Тӏолабго гӏолохъанлъи интернет, телефоназдеги буссараб, гьезул кӏарчанал ракӏазда дунялалдаго цӏар рагӏарав имам Шамилги кӏочараб, кӏудияв Расулил шигӏрабаз щибниги асарги гьабулареб, гьайбатал умумузул бахӏарчиял ишаздаса расниги чӏухӏиги гьечӏеб гьаб хӏалихьатаб заманалда нилъерго цӏарги, мацӏги, миллатги цӏунизе ахӏараб «Хӏакъикъаталъе» подписка гьабунгутӏиялда цо кутакаб гӏажаиблъи гьабизе бакӏ гьечӏо. Амма нечезе, намуслъизе, пашманлъизе тӏубараб ихтияр буго.
Подписка гӏодобе ккеялъул гӏайиб, гьайгьай, нижедаги буго. Кидаго гуро казияталъул гьурмазда рукӏунел цӏалдолезул ракӏ тӏаде цӏалел, гьезие асар гьабулел макъалаби. Гӏемер дандчӏвала дора-гьаниса росарал, чӏамучӏал, чӏалгӏарал, чӏорогоял жал.
Загӏипаб букӏана цӏалдолезулгун бухьенги. Цониги районалда вукӏинчӏо хасав мухбир. Талихӏалъ, кӏвана гьеб гъалатӏ битӏизабизе ва мугӏрузул ичӏго районалда хасал мухбирзаби тезе.
Цӏияб соналдаса нахъе Гъизилюрт, Хасавюрт, Казбек районаздаги хӏалтӏулев вуго хӏалбихьи бугев мухбир.
Дагьаб цебегӏан «Хӏакъикъаталда» тӏобитӏана магӏарул районазул газетазул редакторзабазулгун лъикӏаб дандчӏвай, гьабуна цоцазулгун лъай-хъвай, ккана щулияб къотӏи бакӏалъулал мухбирзабаз жидерго районазда кколел киналго лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ материалал республикаялъул газеталдеги ритӏизе.
Палхӏасил, хиса-басиязул гьогьен чӏвазе байбихьана нилъер миллияб казияталда.