Гьаб ахираб лъабго анкьида жаниб дир остолалъул рагӏалда гӏуна цӏибахъараб анкьго тӏехь.

Гьел киналгоги руго шигӏрабазул. Магӏарул мацӏалда басмаялда бахъараб щибаб цӏияб тӏехь — гьеб буго миллаталъул бечелъи. Рекӏеде бачӏанщинаб хъван къватӏибе гьурщулеб заман буго гьаб. Тӏахьал рахъиялда, гьезул даражаялда хадубги гьечӏо щибго халкквей. Интернеталъул гӏатӏилъухъа рищарал кучӏдуздаса гӏуцӏараб тӏехьалъул дагьабго бицен гьабизин. «Сариназул си» — басрияб Къахӏиб росдал хутӏелалъул сураталда тӏад хъвараб гьеб цӏар буго жилдазул цебесеб гьумералда, нахъисеб, ай жилдалъул ахираб гьумералда буго Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Баху-Меседо Расуловалъул сурат, гӏурус мацӏалда хъван гьелъие щварал шапакъатазул, цӏаразул сияхӏ. Жилд бегун жанире раккидалги тӏанчил тӏарада шагӏиралъул цӏар.

Цоги тӏамач бегун хал гьабидал буго: «Автор-составитель, редактор и спонсор книги — народный поэт РД Баху-Меседо Расулова» абун. Лъикӏаб садакъа, пайдаяб иш гьабун бугин кколеб буго ракӏалде гьенибги. Амма фейсбукалда, «Сариназул си» тӏехь гьоркьоб лъеялъул данделъиялде шагӏиралъ ахӏулеб лъазабиялда гъоркь ругел комментариязулъ Баху-Меседоца хъван батулеб буго: «Сариназул си» буго жалго авторазул гӏарцухъ къватӏибе биччараб, гьеб гьоркьоб лъеялъул тадбир гӏуцӏиги гьез жидедаго тӏаде босараб…», — ян.

Берцинаб цӏар кьураб тӏехьалъ жанире рачун руго 15 авторасул асарал, цӏарал руго тӏоцере рагӏулелги, рагӏун цӏалдолез къимат кьуралги. Кочӏол си гӏуцӏулев щивав чиясулго гӏадин, гьезул мухъазулъги буго ватӏаналде, эбелалде рокьи загьир гьабурал, тӏекълъиялда рекъонгутӏи, заманалъул гӏузраби рекӏелъ гъугъан яги рохел загьир гьабун хъварал жугьаби. Щивасул жиндир хатӏ, къагӏида, гъварилъи яги борхалъи. Кучӏдул руго гӏемерго цӏубаралги, тӏад хӏалтӏичӏолъи бихьулел загӏипалги, гьижа камуралги, кибалиго рагӏараб кочӏол мухъ жидерго къадалъ рекъезаруралги.

Гьел цӏарал яги гьезул гьунар цӏалкӏинисан риччай гуро мурад бугеб. Рукӏун лъикӏ магӏарул мацӏалда хъвадарулел гӏадамал. Амма щайха бесдал эбелалъ кьолеб панкъ гӏадин цебе рехулеб гьезул гьунар жиндирго цӏаралъул гъалайги тӏад биччан? Гьелде ккарай гӏаданищ халкъияй шагӏир? «Автор-составитель, редактор и спонсор книги — народный поэт РД Баху-Меседо Расулова» абун бихьизабунги бугелъул, бегьуларищ букӏараб техникияб рахъниги рекъезабун, гьижа камуралъуб, тӏокӏлъаралъуб тӏад квер бахъун кьезе басмаханаялде?

«Анкьцӏул борце цин къотӏе», — ян абураб умумузул гӏакъилаб каламалъул пикру гьабеян абизе бокьилаан тӏахьал рахъулелщиназда.

Жиндир рекӏел хӏал къватӏибе кьураб цеберагӏи хъван буго Баху-Меседоца тӏехьалъе. Гьенибго Баху-Меседоца баян гьабулеб буго жинца гьаб тӏехьалда лъолел кучӏдул къачӏачӏиланги. Кӏудияб гьунаралъул шагӏирзабазегицин хӏажалъулеб редактура гьанжего-гьанже шигӏрияб рагӏи гӏуцӏулезейищ къваригӏунареб? Тӏадгояб рецц-бакъалдасаги цӏакъ гьел шигӏраби хъвалезе хӏажат буго ритӏункколеб малъа-хъвай.

Къалмица хъвараб гӏащтӏиялъ къотӏуларин абухъего, жидерго наслабазе толеб тӏехь дагьаб даража цӏикӏкӏараблъун бихьизе бокьилароандай «Сариназул си» тӏехьалъул авторазеги?