5 февралалда Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда данделъун рукӏана, Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Баху-Меседу Расуловалъул проекталда рекъон, къватӏибе бачӏараб «Сариназул си» абураб, 15 авторасул кучӏдуздаса гӏуцӏараб, тӏехьалъул хӏакъалъулъ бицине.
Тадбир нухда бачарав Магӏарул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас бицана магӏарул адабияталъулги тӏехьалда лъурал кучӏдузул авторазулги хӏакъалъулъ.
— Рохизе ккараб хӏужа буго рахьдал мацӏал загӏиплъулел гьаб заманалда, гьел мацӏазда хъвадарулезул къадар цикӏкӏунеб букӏин. Щивав авторги мустахӏикъав вуго рецц-бакъалъе. Гьезул кучӏдузулъ загьирлъун буго ватӏаналде хӏасратаб рокьиги, жакъасеб къоялъул масъалабаз, миллат-мацӏалъул ургъелаз ракӏазулъ бижараб рахӏатхвейги. Шагӏирасул рагӏуца цӏунана ва жакъаги цӏунулеб буго ватӏаналъул тӏадегӏанлъи, — ян абуна гьес.
Дандеруссиналда кӏалъана шагӏирзаби Махсутӏ Зайнулгӏабидов, Сабигат Мухӏамадова, Залму Мухӏамадова, Шамил Мухӏидинов, Тубхӏат Зургьалова, «Хӏакъикъат» газеталъул вакилзаби, тӏехьалъ кучӏдул жанире рачарал авторал ва цогидалги.
Имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас авторазе кьуна фондалъул цӏаралдасан Хӏурматалъул грамотаби.
Магӏарул адабияталъул горсвери берцин гьабуна Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевас. Жабрагӏил Хӏасановасул рагӏабазда гьес ахӏараб кечӏалъ гӏумруялъул пикру гьабизе тӏамулел рукӏана гӏенеккарал. Ахӏана гьенир тӏехьалъул авторазул цояйлъун кколей Махӏачхъалаялъул рикӏкӏадасан лъимал цӏализариялъул централъул мугӏалим Гӏайшат Хирамухӏамадовалъул рагӏабазда нашидалги.