Гьанже магӏарухъе инсул рокъове щвараб мехалъги, гьадингоги гӏемер ракӏалде щола дида инсул гьеб мина балеб мехалда гьенив хӏалтӏулев вукӏарав кӏиго устар.

Цояв — Хӏамзатил Гӏали, Гӏурухъ-Сотӏа росулъа цӏар рагӏарав къадал устар, сверухъ росабалъги районаздаги лъалев. Цогидав — гъалай биччан гӏертӏал, цӏа-рагӏ къачӏалев нижер Гьочоб росулъ вукӏарав Тӏелекьа Мухӏамад.

Сверухъ росабалъгицин тӏокӏалъ къачӏазе цӏа-рагӏ хутӏун букӏинчӏеб къагӏидаха, Мухӏамадги цо рагъи букӏинесеб бакӏалда гьитӏинабго къед балев вукӏана.

Гӏалицайин абуни ганчӏил кӏамураби гьарулел рукӏана.

Мухӏамад Гӏалидаса къогогӏаги соналъ гьитӏинавги вукӏана. Гӏали — гӏемераб гӏумруги гӏадамалги рихьарав, чанги батӏияб бакӏаздеги щварав чи вукӏун ватилин ккола дида гьанже, гӏодове виччан гьес рицунел рукӏарал лъугьа-бахъинал ракӏалде щведал.

Тӏелекьа Мухӏамадица тӏармида кечӏги ахӏулаан. Дица, гьитӏинав чияс, дидаги малъе тӏамур бачинейилан гьарараб мехалъ, гьес абуна жиндаги лъицаниги малъун букӏинчӏилан.

Гӏалица гьел-дол, бергьарал, цӏар рагӏарал, къадал устарзабазул бицунеб мехалъ, Мухӏамадица гьел гӏад-хочӏ гьарун, гьезул гӏамалазул харбал рицунел рукӏана. Гьелдаса гьезул кӏудияб дагӏбаги кколеб букӏана.

Жиндаса цӏакъав устар вукӏине рес гьечӏеб гӏадаб букӏунаан Мухӏамадил харбил бицен.

Гӏалица цо-кӏиго гамачӏги кӏармазда рекъезабун, чӏалудаса гъоркьеги рещтӏун, хъалиянги цӏалаго Мухӏамадида абулеб букӏана: «Гьеб гамачӏ батӏайиса лъунани», » гьеб бакӏалда рацӏцӏи къотӏани рекъараб букӏинаанха», — ян. Гьасул малъи гӏемерлъараб мехалда, гӏодоб речӏчӏун квартӏа-хъалахъгун, рикӏкӏадеги ун барщун чӏолаан Мухӏамад.

Цинги Гӏалица гьесда: — Ле, гьудулав чи, Мухӏамад, дица дуда гъалай биччазеги, кечӏ ахӏизеги малъулеб гьечӏогури, дидаго лъалеб жо малъулеб буго, — янги абулаго, гьесулгун рекъел гьабулаан. Мухӏамадил цониги рекъон ккараб гамачӏ бугони, гьебги беццулаан Гӏалица. Веццараб мехалда Мухӏамадица хъващтӏан, хӏарщулгун хӏурул цӏурал квераз тӏамурги босун, вохуца холаго кечӏги ахӏулаан.

Цойги Мухӏамад разиго вукӏунаан, жиндир къед Гӏалил кӏармазде данде ккун, хехго бан лъугӏулеб букӏиналдаса.

Гӏалица гьесда абулаан: «Мухӏамад, лъицаниги цӏехоларо, кигӏан заманалъ къед барабан, къадахъанасул цӏар цӏехола «.

Гӏалица гьарурал кӏамураби мисал хисичӏого къамартӏун руго жакъаги, амма Мухӏамадица ганчӏаздасаги хӏарщ гӏемер гьабун бараб къед, тӏад тӏох чӏвалелдего биххунги ун, цоги устарас базе ккана. Мухӏамадица чанго батӏияб куцалъ лъезе хӏал бихьарал, ахирги къелъ рекъечӏого чӏарбиде рехарал ганчӏазул гъонодаса босун Гӏалица гьел дагьалго рекӏкӏа-рессун кӏармазда лъолаан, добаго букӏараб гӏадин дурусги кколаан.

Мунагьал чурадал Гӏурухъ-Сотӏаса къадахъан Гӏалиги, Тӏелекьа Къебед Мухӏамадги ракӏалде щвезе гӏиллалъун ккана фейсбукалда магӏарулал данделъулел годекӏабахъ батараб дагӏба-къец. Хӏалбихьигун гьунар бугез гьениб гьабулеб буго пайдаяб малъа-хъвай, реццани — рохун, какани — барщун руго, жидер гьунар рагьизе байбихьарал поэталги.