Араб соналъул хӏасилазулги цӏияб соналде хӏисабалде босаралъулги хӏакъалъулъ бицунеб буго районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чӏвариялда.

— Мухӏамад, тӏоцебесеб иргаялда, баркула 2018 соналъул хӏасилазда, мугӏрузул районазда гьоркьоб нилъее щвараб бергьенлъи, республикаялъул нухмалъиялъ районалъул хӏалтӏуе кьураб тӏадегӏанаб къимат. Бокьилаан байбихьудасаго гьелъул рахъалъ цо чанго рагӏи абуни.

— Баркала. Гьеб буго киназего гӏаммаб бергьенлъи. Гьанибго абизе ккола 2017 соналдаги ккун букӏана нилъер районалъ тӏоцебесеб бакӏ ва 2016 соналдайин абуни кӏиабилеб бакӏалде рачӏун рукӏана. Къокъго абуни — гьеб ккола росабазул бегавулзабигун ва жамагӏатазулгун цадахъ рекъон гьабураб хӏалтӏул хӏасил.

— Къватӏибе загьираб, халкъалъе пайдаяб гӏемераб хӏалтӏи гьабуна районалда 2019 соналда. Захӏмат букӏанищ гьел ишал рагӏалде рахъинаризе? Гӏамм гьабун босани, кинаблъун букӏараб районалъе араб сон?

— Цереккунисел хӏасилазда рекъон, 2019 соналда гьарун руго 950 миллион гъурщиде гӏагарун хӏалтӏаби. Къачӏана Хӏебда хӏухьбахъиялъул парк, гьенибго гьабуна лъимал расандизе санагӏатаб майдан. Райцентралда хъил тӏуна цо къотӏнобе, росдал тӏасиял авалазде нухал ругеб лъабго кӏкӏал букӏана риидалги хасалоги цӏакъ санагӏат гьечӏого, гьел бетон тӏун къачӏана. Шамил имамасул цӏаралда бугеб къотӏнор цӏидасан хӏубалги чӏван чирахъал лъуна.

«150 школа» программаялдаги гӏахьаллъун, Ругъелда, Тӏелекь ва Гӏурада школал къачӏана. Райбюджеталдаса гӏарацги кьун, къачӏана 5 школалъул кабинетал, «Точка роста» программаялъул тӏалабалда рекъон, гьениб оборудование лъуна. Гьединго ремонтал гьарун къачӏана 9 школа (Гьандихъ, Гъоркьа Бакълъухъ, Тӏогьохъ, Гъогъолъ, Тӏаса Бакълъухъ, Къваниб, Тӏидиб, Тӏелекь, Гьентӏа, Гӏуриб).

Районалъул киналго гьоркьохъел школазе хӏажатаб оборудованиеги босун, ремонталги гьарун, къачӏана медицинаялъул кабинетал. Цӏияб Гӏурада росулъ бан рагӏалде бахъунеб буго 320 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб школа. «Школьный автобус» программаялда рекъон, 2019 соналда районалъул школазе бачӏана 6 цӏияб автобус.

Лъуна Тӏидиб ва Микьигьориб росабалъ цӏиял лъел мухъал. Микьигьориб-Гӏуриб лъел мухъ къачӏан лъугӏизабун бажаричӏо. Цӏекӏоб, Гӏурада ва Хӏотода къачӏана лъел мухъал. Генерал-полковник Мухӏамад Танкаевас 100 сон тӏубаялде бан рагӏалде бахъинабун хӏалтӏизе кьуна цӏияб музей.

Хъилги тӏун къачӏана 2 км Гьолокь-Тӏелекь, 3,5 км Хӏотода-Тӏидиб шагьранухал.

— Басрияб соналъул хӏасилазда цадахъго хӏисабалде босула цӏияб соналъ гьабизесебги хӏалтӏи. Исана церечӏарал масъалаби, бищунго кӏвар кьезесел рахъал кинал ругел?

— 2020 соналде руго гӏезегӏанго планал. Гьебго «150 школ» программаялда Гьоор, Гӏасаб ва Хӏотода школал къачӏай, Къахӏиб ва Могьохъ цӏиял школал рай, ракӏалда буго Нитӏаб, Датуна ва Дагъбаш школазда ремонтал гьаризе, Гьолокь ва Бакълъухъ росабалъ ясли-ахазда цӏиял группаби рагьизе. Жеги лъезе руго Хӏебдабе ва Гьентӏабе цӏиял лъадал мухъал. Хучада клуб къачӏай, Дагъбашалде кьо бай гӏадал хӏалтӏаби руго. Нухал къачӏазе руго Тӏелекь, Къахӏиб-Гьоор, Гӏуриб-Микьигьориб-Тӏогьохъ, Хучада-Цӏекӏоб-Лъануб росабалъе.

Кинабго гьабулебщиналъул мурад буго нилъер росаби цӏилъи, гӏадамазул рукӏа-рахъин, яшав лъикӏлъи, районалъул гьумер берцинлъи, магӏарухъ гӏумру гьабизе ракьцоязул гъира цӏикӏкӏин. Цоцахъги гӏенеккун, цадахъ лъугьун гьаруни, жеги чанги лъикӏал ишал рагӏалде рахъина нилъер. Аллагьас къуватги кьеги нилъее.