Минаби, хасго гӏемертӏалаял, рай расги бигьаяб хӏалтӏи гуро. Техникиялгун санитариял тӏалабалги цӏунун гьабизе кколеб хӏалтӏи гьеб бугелъул, гьениб гъалатӏ ккезе бегьуларин рикӏкӏуна махщелчагӏаз. ДРялъул Ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министерствоялъул «Госстройнадзор» управлениялъул бетӏерав специалист Гӏабдулварис Ибрагьимовасдаги гьеб иш цӏакъ лъикӏ лъала. Гьал къоязда гьесулгун тӏобитӏана нижеца гара-чӏвариги.
— Гӏабдулварис, кина-кинал хӏалтӏаби тӏуразарулел нужер управлениялъ?
— Мина базе изну кьола ракьалъул бетӏергьанас, ай муниципалиял гӏуцӏабазул идарабаз. Гьеб щун хадуб мина балев чи вачӏуна нижехъе, нижеца гьесул хӏалтӏуе кьола код, хӏадурула гьеб хӏалтӏи нухда бачиналъе документал ва гьелдаса нахъе бан лъугӏизегӏан мина букӏуна нижер халгьабиялда гъоркь. Гьеб бан лъугӏидал, проекталда рекъон бан бугищали хал гьабула. Кинабго хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго тӏубазабун батани, гьеб хӏалтӏизе биччаялъе изнуги кьола. Гьеб изнугун гьев уна шагьаралъул администрациялде ва гьениб гьесие кьола мина хӏалтӏизе биччаялъе документ.
— Жидерго гӏарцухъ ралел минабазул тӏалаб гьабулищ нужеца?
— Нижер хӏалтӏуе аслияб документ ккола «Градостроительный кодекс». Гьелда рекъон, нижехъе кколаро цо хъизамалъ гӏумру гьабулеб, лъабго тӏалаялде щвезегӏан бугеб мина. Гьелдаса тӏаде араб кинабго мина-карталъул тӏалаб нижеца гьабула, лъил гӏарцухъ гьеб бан батаниги.
— Нужехъ букӏунищ божизе бегьулел минаби ралезул (застройщиказул) сияхӏ?
— Букӏуна, гьел руго нижер сайталдаги, баян гьарула гьикъун рачӏаразеги. Нижехъ рукӏуна тӏолабго Дагъистаналдаго ралел бакӏазул мухӏканал баянал. Гьединлъидал нижеда абизе кӏола гьав застройщикасул рукъ босизе бегьулин,цогидасулаб босичӏого тейин абун.
— Гъоркьиса Дагъистаналда рарал гӏемертӏалаял минабазул гӏаммаб гӏатӏилъи кигӏанасеб букӏараб?
— Гъоркьиса рарал гӏемертӏалаял минабазда гьоркьоб цониги гьечӏо пачалихъалъул гӏарцухъ бараб (бюджеталъул харжалда рана гӏумру гьабизе хӏинкъи бугел минабахъа гочинарурал гӏадамазе минаби). Гьабсагӏаталда Каспийск шагьаралда байбихьун буго аскариязе гьединал минаби разе (бюджеталъул гӏарцудалъун), амма гьезул тӏалаб нижеца гьабизе кколаро. Ралел минабазул къадарги соналдаса соналде дагьлъулеб буго. Мисалалъе, 2018 соналда нижер халгьабиялда гъоркь букӏана 850 объект, гъоркьиса — 700, исана гьеб жеги дагьлъилин ккола. Гьелъие аслияб гӏиллаги ккола законалда гьарурал хиса-басиял. Цебе щивав застройщикасул букӏана жиндирго счет, гьенибе бакӏарулаан гӏарац ва гьелда рекъон гьес балаан мина, кьолаан гьелъул жаваб. 2019 соналдаса нахъе гьезухъ гьечӏо гьединаб ихтияр, кинабго хӏалтӏи гьабизе ккола банкалдасан, гьелда рекъон хиралъана хӏалтӏи ва гӏемерал гӏадамаз рехун тана гьеб иш.
— Социалияб объект гъоркьиса чан бараб? Цересел соназда дандеккун кинаб къадар гьеб кколеб?
— Бана 160 гьединаб объект. Гьединал объектазул къадар цӏикӏкӏунебги буго. Гьелъие гӏиллаги ккола гьел пачалихъалъул гӏарцудалъун (10-15 процент республикаялъул бюджеталдасан, хутӏараб — федералияб бюджеталдасан) ралел рукӏин.
— ЖКХялъул буго гӏадамазул гӏарзал камулареб хӏалтӏи. Кинаб къимат дуца кьолеб гьабсагӏаталда гьеб хъулухъалда бугеб ахӏвал-хӏалалъе?
— ЖКХялъул хӏалтӏуда гьоркьоре унел лъел рогӏразул, токалъул подстанциязул, канализациялъул, нухазул 80 процент буго басралъараб, капиталияб къагӏидаялда хисизе, къачӏазе ккараб хӏалалда.
Ралел руго цӏиял минабиги, «херлъулеб» буго ЖКХялъул магӏишатги. Гьелъул цо-цо бутӏаби руго бетӏергьабазда кодорги. Гьеб кинабго низамалде бачине ккани, хӏажалъизе буго гӏемераб гӏарац. Гьелъие къваригӏуна хасаб программаги. Гьеб рахъалъ Дербенталда гьабулеб бугебго гӏадаб хӏалтӏи гьабизе ккола Махӏачхъалаялдаги.
— Ахирал соназда Махӏачхъалаялда гӏемертӏалаял минаби раялъулъ гьечӏо низам, нагагьлъун тӏабигӏияб балагь ккани, гьезул гӏемерисел риххун иналдацин хӏинкъи буго…
— Минабиги цогидал бакӏалги разе изну кьола ракьул бетӏергьанас, ай шагьаралъул администрациялъ. Щай гьединаб ахӏвал-хӏал лъугьарабин абураб суалалъе жаваб буго цо – гьеб ккола ришватчилъиялъул хӏасил. Гьезул бугеб ахӏвал-хӏал, гӏумру гьабизе бугеб (ялъуни гьечӏеб) хӏинкъи загьир гьаби мурадалда нижеца гьабун буго щуго тӏалаялдаса тӏаде араб мина-карталъул гӏатӏидаб сияхӏ (тӏолабго республикаялда буго 410 мина, гьезда гьоркьоса Махӏачхъалаялда — 354).
Гьезул халгьабизе гӏуцӏун буго хасаб комиссия, гьеб хӏалтӏи тӏубазабизе федералияб бюджеталдасан биччан буго 210 млн гъурущ (гьелдаса цо процент буго республикаялъул бюджеталъулги). Халгьаби лъугӏидал (октябрь моцӏ), къотӏизе буго щибаб объекталда бан хӏукмуги.
— Гӏемер бицуна законалъул тӏалабал тӏурачӏого рарал минаби судалъул хӏукмуялдалъун риххизе рукӏиналъул. Бугищ гьединаб план, гьеб гӏумруялде бахъинабизе ресго?
— Цебе лъураб мурад бугони, тӏубазабун бажарула. Кӏиабизе, баялдаса захӏматаб масъала буго биххи. Гьединал ва цогидал гӏиллабаздалъун гьабсагӏаталда гьединаб план гьечӏо. Гьеб буго нижги цогидал идарабиги цадахъ рекъон тӏад хӏалтӏи гьабулеб бугеб кӏудияб масъала.