Дагьал церегӏан къоязда социалиял гьиназда тӏибитӏун букӏана инсан хварабго гьесул лугбал цогидав унтарав чиясе (реципиентасе) лъезе изну кьолин абун анкетаялда гъулбасине тӏамулел ругин поликлиникаялдаян бицунеб видео-хитӏаб. Хадубго ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасги лъазабуна республикаялъул поликлиникабазда гьединал анкетабиги гьечӏин, гьел харбалги гьересиял ругин.

Гьединалго лъазабиял гьаруна Чачан ва Ингушетия республикабаздаги. Гьелъул хӏакъалъулъ бицун букӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги. Нижеца бахъараб гьеб макъалаги цӏалун, цогидав чиясул гӏумру хвасарлъиялъе гӏоло жий хвараб мехалда лугбал трансплантациялъе кьеян васият гьабизе исламалъ изну кьолищан цӏехон, редакциялде кӏалъан ячӏана кӏудияб ригьалъул магӏарулай. Хвараб мехалдагӏаги жинцаги лъил букӏаниги гӏумру хвасар гьабилаанин абулеб буго гьелъ. Исламалда донорлъиялде щиб абулебали лъазелъун нижеца цӏех-рех гьабуна ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалда.

Инсанасул лугбал цогидазда

лъезе ихтияр бугищ?

Гьеб суалалъе жаваблъун муфтияталъ босулеб буго Мухӏаммад Атыйа Ас-Сакра абурав гьанжесеб заманалъул исламияв гӏалимчиясул фатва.

«Гьеб суалалъулъ исламияб юриспруденциялъул ва законал рахъулезул пикраби батӏи-батӏиял ратана, ва гьез рачарал хӏужабиги фикъгьиялъул тӏахьазда хъварабги мисалалъе босун, нижеца хӏукму гьабуна: хварав чиясул лугбал рахъун, цогидав чиясе кьезе бегьула, гьев чияс жиндирго лугбал цогидал унтарал гӏадамазе кьезе васият гьабун букӏун батани. Чӏагояв чиясулги лугбал цогидав чиясе кьезе бегьула, гьев чиясул изну батани ва гьесул сахлъиялъе зарал кколеб гьечӏони. Хварав яги чӏагояв чиясул лугбал цогидав чиясда лъей исламалъ гьукъараб ва хӏарамаб гьечӏо, хварав чиясул черх инжит гьабиги кколаро гьеб, щайгурелъул чӏагояв чиясе гьелдаса цӏикӏкӏараб пайда бугелъул.

Нагагь хвелалде цебе жиндир лугбал рахъизе васият гьечӏони яги жиндир лугбал рахъугеян абун цебеккунго гьес абунги бугони (изну гьечӏони), гьеб мехалдаги цӏехезе бегьула хварасул ирсилазда. Ирсилал разилъани, хварасул лугбал цогидав унтарасда лъезе бегьулин абулелги руго гӏалимзаби. Диналдаги чӏагояв чиясул рухӏ хвасар гьаби кӏвар цӏикӏкӏараблъун рикӏкӏуна.

Чӏагояв чиясул лугбал рахъизе бегьуларо, гьел рахъиялдалъун гьесул сахлъиялъе яги гӏумруялъе хӏинкъи бугони. Чӏагояв чиясул сахлъиялъе зарал кколеб гьечӏониги яги гьелдалъун гьев чи холев гьечӏонигицин, гьесул изну гьечӏого, гьевги махсараде ккун, гьесул би, гӏус, цояб ургьисала бахъизе хӏарамаб буго. Изну гьечӏого чӏагояв чиясул лугбал рахъарав чиясе бихьизабураб тамихӏги букӏине ккола, гьев чи лъукъараб ва гьесул сахлъиялъе зарал гьабурасе гӏадаб.

Чӏагояв донорас изнуги кьун, гьесул лугбал (органы, ткани) рахъи ва трансплантациялъе хӏалтӏизари цо-цо гӏалимзабаз хӏарамаблъун рикӏкӏунеб буго, гьелъие далиллъунги рикӏкӏунеб буго инсанасул чорхол адаб цӏуни ва чӏагояв чиясул чорходаса батӏалъараб лага ракьулъ букъизе кколеб букӏин.

Инсанасул гӏумру хвасарлъиялъе гӏоло чорхол лага гьесие кьезе бегьулин абулел гӏалимзабазда нахърилълъунел ругони, бачӏунеб буго цоги суалги: «Чӏагояв чияс цогидав унтарав чиясе жиндирго лугбал кьуни, гьелъухъ гӏарац босизе бегьулищ?» — абун. Цо-цо гӏалимзабаз гьеб гьукъараблъун рикӏкӏунеб буго, гьелъие далиллъунги бачунеб буго — эркенав чи тӏуванго яги бутӏаккун вичи хӏарамаб букӏин.

Цогидал гӏалимзабазул къокъаялъ рикӏкӏунеб буго: чӏагояв чияс цогидасе кьураб жиндирго чорхол лагаялъухъ (орган, ткани) сайгъат яги боцӏи-бечелъи босизе бегьулин. Гьеб данде кколеб буго чияр лъимер каранзул рахь кьун хьихьаралъухъ гӏарац босиялда».

Трансплантациялъул закон

Хун хадуб донараллъун лъугьине гьукъулеб гьечӏолъи бихьулеб буго гӏемерисел гӏалимзабаз чӏагояв чиясул гӏумру хвасар гьаби кӏвар бугеблъун рикӏкӏунеб букӏиналъ ва трансплантация хварасул черх инжит гьабилъун рикӏкӏунеб гьечӏолъиялъ. Амма тӏадехун рехсараб фатваялда мухӏкан гьабун гьечӏо кида ва кинаб лага цогидав чи хвасар гьавиялъе гӏоло хварав чиясдаса бахъизе бегьулебали.

Хварав чиясул гӏемерисел лугбал хӏалтӏизарула трансплантологиялда цогидав чиясул гӏумру хвасар гьабизелъун. Бокьарав чи донорлъун лъугьине рес бугищ? Россиялда трансплантация гьабиялъе кинал ресал ругел? Цӏа ккаралъуса гурони, кӏкӏуйги бахъунарин абулелъул, социалиял гьиназда ахираб заманалда трансплантациялъул бициналъе кинаб гӏилла бугебали цӏех-рех гьабуна нижеца.

2019 соналъул декабрь моцӏалъул ахиралда халкъалъул пикру лъазе Интернеталда лъун буго доноразул, донорлъиялъул лугбазул ва реципиентазул цогояб регистр гӏуцӏиялъул законопроект. Гьеб ккола цебехун букӏараб законалде цӏиял тӏадежураял ва хиса-басиял гьарураб законопроект. Гьелда сверухъ гӏемерисел гӏадамазул разилъи гьечӏолъиги бихьулеб буго. Рехсараб законопроект къабул гьабуни, гьеб хӏалтӏизе рагӏула 2021 соналдаса нахъе.

Халкъалда гьоркьоб гӏемерисезда лъалеб батуларо, нилъеца киналгӏаги анкетаби цӏечӏониги, федералияб законалда рекъон, донорлъиялъе данде кколев чиясул лугбал рахъизе тохтурзабазул ихтияр букӏин. Россиялда 1992 соналдаса нахъе хӏалтӏулеб законалда рекъон, 18 сон тӏубаралдаса нахъе чияс живго хун хадуса донорлъиялдаса инкар гьабураб справка хъван гьечӏони (нотариусас тасдикъ гьабураб) гьев донорлъиялда разиявлъун рикӏкӏуна. Гьединго больницаялде ккарав чиясул гӏагарлъиялъ, гьесул лугбал рахъугеян, тохтурзабазда цебеккунго лъазабун гьечӏони, гьездагицин гьикъичӏого хварав чиясул лугбал рахъизе бегьулеб буго. Хал гьабизе бегьула: «Закон РФ от 22 декабря 1992 г. N 4180-I «О трансплантации органов и (или) тканей человека».

Руцӏцӏун чӏей — разилъи

Законалда рекъон, нилъ руцӏцӏун чӏей, ай хварас цебеккунго ва хадуб гьесул ирсилаз тохтурзабазда донорлъиялъе инкар букӏин лъазабичӏони, гьеб рикӏкӏуна лугбал рахъизе нилъ рази рукӏинлъун (презумпция согласия). Гьединабго къагӏида хӏалтӏизабулеб буго Франциялда, Бельгиялда, Финляндиялда, ва цогидал пачалихъазда. Инсанас живго хвелалде цебе донорлъиялъе изну кьун яги гӏагарлъиялда изну цӏехон гурони (презумпция несогласия) хварав чиясул лугбал трансплантациялъе хӏалтӏизаризе бегьуларо СШАялда, Австралиялда, Великобританиялда ва цогидал пачалихъазда.

Гьеб закон гӏуцӏаралдаса 30-гӏанасеб сон аниги, гӏемерисезда гьелъул хӏакъалъулъ лъалебго батуларо. Гьелъие гӏиллалъунги рикӏкӏунеб буго нилъер улкаялъул медицинаялда трансплантологиялъул рахъ цебетӏураб гьечӏолъи.

Хварабго донораллъун бокьарав чи лъугьунаро. Донорги вукӏине ккола сахав, киналгӏаги унтаби гьечӏев. Аслияб къагӏидаялъ донораллъун лъугьине бегьула тохлъукьего, авариялда ва цогидал балагьаздалъун хварал гӏадамал. Масала, ракӏалъул трансплантация гьабула гӏадалнахги хун, искусственнияб аппараталда гъоркь жеги хӏухьел цӏалеб бугони ва ракӏ кьабулеб бугони. Гӏадалнах хун тӏоцебесеб лъабго сагӏаталда жаниб трансплантациялъе гӏамал гьабичӏони, заман анагӏан жанисел лугбалги хвезе байбихьулеб буго. Руго инсанасул ракӏ чӏун хадуса трансплантациялъе росулел лугбалги. Медицинаялъул хӏалтӏухъабаз гӏадалнах хвеялдалъун инсан хваравлъун рикӏкӏунев вуго, искусственнияб аппараталъул кумекалдалъун сордо-къоялъ яги анкьица хӏухьел цӏалеб бугонигицин.

Исламалда рекъон, кидаха инсан хваравлъун рикӏкӏунев? Гьеб суалалъе жаваб кьуна магӏарул мацӏалда къватӏибе биччалеб «Ас-салам» газеталъул редактор Гӏабдулагь-хӏажи Мухӏамадовас:

«Исламалда рекъон инсан хваравлъун рикӏкӏуна гьесул ракӏ чӏараб ва къаркъала цӏорораб мехалда», — ян.