Дие бокьун буго цо гӏажаибго берцинаб гӏамалалъул гӏаданалъул хӏааzкъалъулъ бицине.
Хъарпузал ричизе Махӏачхъалаялда бугеб «Гӏакаро» кафеялда нахъа ругел минабазул азбаралъуе щун йикӏана дун. Щибаб къойил дица хал кколаан цо гӏаданалда хадуб. Радалги, къалъудаги, маркӏачӏудаги, гъежда гьитӏинал ведрабиги ран, дида аскӏоб чӏезабун бугеб машинаялда гъоркь лъурал гьитӏинал-кӏудиял хӏарччазда жанибе квенги бан, кутул кваназе ахӏулаан гьелъ.
Лъабкъоялда анцӏилъаги гӏумрудул сонал арай гьей жеги хӏалтӏулейги йиго. Хъарпуз босизе ячӏараб мехалда лъай-хъвай ккун букӏана гьелъулгун дир. Жиндир пенсия гьел кутузе квен босун лъугӏулилан йикӏана гьей. Хӏалтӏун щвараб гӏарац кваниеги унила. Гьелъ кутузе босулеб бугоан рахь, кутузул хасаб квен, хъурараб гьан.
Цо гӏажаибго рекӏелъ йосулей, гӏамал лъикӏай, гӏадамал хирияй гӏадан йигоан гьей — Хунзахъ районалдаса Загьра Гӏалиева. Жиндаго релълъараб гӏамалалъул лъималги, лъималазул лъималги ругоан гьелъул. Гьелъ хьихьарал кутузда гъорлъа цо кету унтун букӏана, кванараб жойищ рекъечӏебали. Гьелда хадуй ракӏунтун гӏодулей Загьра гӏодой йиччазайизе, гьелъул рос Саху уколал гьаризе кетугун цадахъ анкьица хьвадана ветеринарияв тохтурасухъе. Зама-заманалдасан дицаги гьикъулаан гьелда катил хӏал кин бугебилан. «Вай, гьакъир, жакъаго-жакъа цо дагьабго лъим гьекъанаха», — ян угьун жаваб кьолаан Загьраца.
Кигӏан гьелъ хъулухъ гьабуниги, кету хвана. Гьеб мехалда Загьраца тӏолеб букӏараб магӏу цебеса унаро.
Киналго кутузда лъурал цӏаралги рукӏана гьелъул. Гьезул цоябгӏаги гьоркьоса камуни, тӏубараб авал-къоноги сверун ралагьула гьелъ гьел. Рокъореги рачун, чвердезеги гьарулаан.
Кутузда хадуб гуребги, гӏадамазда хадубги букӏуна Загьрал ракӏунти. Масала, хъарпуз бичулеб мехалда дихъе гӏемер щолаан гьей как базе, кваназе жиндихъе йилълъайилан. Дица инкар гьабуни, квенги босун тӏаде щолаан.
Гьадинаб, гӏадамасул къимат хвараб, хӏатта цо хъизамалъул чагӏигицин цоцаздаса рикӏкӏалъараб заманалда гӏадамазда гӏарцул гурони мацӏ лъалеб гьечӏо. Бечедасда мискинавги, рекӏарасда лъелавги вихьуларо, бикъунги бахъунги гӏарац гьабулел рукӏун гурони. Гьаб хабар бициналъул магӏнаги буго нилъер гӏадамал цодагьал кантӏизари.
Загьраги Сахуги данделъун 50 сон рагӏула. Аллагьас жеги 50 соналъги цадахъ таги гьел инсанасеги рухӏчӏаголъиялъеги хъулухъ гьабизе.
Гьезул азбаралда гӏумру гьабун ругел Болъихъ, Гӏахьвахъ, Цӏумада районалъул гӏадамазеги баркала. Гьенире ракӏарун руго иманги, яхӏги, намусги, исламалъул нухдаса хьвадулел гӏадамал.