Гӏияхъаби рази гьарулареб пачалихъалъул грантги, багьа цӏакъго гӏодобе ккараб гӏиял квасги, гӏиязе гӏолареб «Чед» КФХялъул мучӏдулги.

Республикаялда бугеб гӏиял къадар цӏикӏкӏинабизелъун 5,8 млрд. гъурущ биччазе буго хӏукуматалъ. Гӏи-цӏцӏаназул бетӏер 4,5 миллионалдаса 6 миллионалде бахинабизе ракӏалда буго.

Гьединго гьеб гӏарцул кумекалдалъун гӏиязе цӏиял бокьалгун ручнал разеги хӏисабалде босун буго. Гӏияхъабазе цогидалги санагӏалъаби чӏезаризе бугин хъвалеб буго гьеб баяналда. Гьабсагӏаталда гьал мухъал цӏаларал гӏияхъаби рохун ратизеги бегьулин ракӏалде ккезе бегьула. Амма гьезухъ жидехъго гӏенеккараб мехалда гьел гьедигӏанго рази гьечӏо.

Хунзахъ районалъул Байикь росулъа Мухӏудада Сагӏидовасул буго гьевго гӏадал щуго гӏияхъанасдасан гӏуцӏараб фермеразул магӏишат. Щуазаргогӏанасеб гӏиял бетӏер буго жакъа гьесул бетӏергьанлъиялда. Гӏи хьихьизе ва гьезие хъулухъ гьабун рукӏине бокьарал гӏолохъаби гӏемер ругин жакъа, амма гьезда квер чӏвазе хӏажат бугин хӏукуматалъилан бицана гӏияхъанас.

— Фермерасе пачалихъалъул рахъалдаса кьолел грантазда хадув лъугьун вукӏана дун. Амма тӏубанго ракӏбуссинабуна гьез цере лъолел шартӏал рихьидал. Мисалалъе, 10 миллион гъурущ грант щвезе ккани, цин дирго букӏине кколеб рагӏула ункъо миллион гъурущ. Ункъо миллион кисиниб букӏарабани, дун гьезухъе грант босизейищ вачӏине вукӏарав? Цин цебе дахӏаги ккун, лъимер махсараде ккураб гӏадаб жо щай гьабулеб хӏукуматалъ? Гӏи цӏикӏкӏинабизе бокьунги, гьелъ кьолеб нигӏматги хӏажат батани, гьабеха нижее кумек, гӏадан-чи хадув гъоларел хӏаял гьаричӏого, — ян абулеб буго Мухӏудадаца.

Гьединго фермер рази гьечӏо жакъа гӏиядаса къунцӏараб квасухъ щолеб багьаялдасаги.

— Цебе советияб пачалихъ бугеб заманалда квасул къимат букӏана. Гьелъул цо килоялъухъ щолаан саламатаб гӏарац. Жакъа 7 гъурщиде ккун буго квасул кило. Гӏодоб бан турулеб буго квасги, гьединго хъураб чахъдадаса бахъараб цӏоко-тӏехьги, — ян бицана гьес.

Хъутаналде-нахъе гӏи-боцӏи гочинабулагоги дагьаб къварилъи бихьуларин жидедаян бицана фермерас хадубги.

— Гӏи гочинабулел къоял тӏаде щолаго бакӏаб ургъел чӏвала дида. Цере сордо базе гӏи рещтӏунеб бакӏалда киналго бигьалъаби чӏезарун рукӏунаан, гӏи жанибе буссинабизе бакӏги, гӏияхъабаз сордо тӏамизе минабиги ва гьел гурелги санагӏалъаби рукӏана. Жакъа гьел шартӏазул цонигияб хутӏун гьечӏо. Балеб гӏазукьги пулеб гьорокьги рогьине кколеб буго вехьас сордо. Гьебни цо ургъелин телаан. Нухда чан къварилъи дандчӏвалеб? Машинаялъ чӏван гӏиял анцӏгониги бетӏер тӏаса камураб мехги букӏуна.

Гӏи цӏикӏкӏинабизе гӏарац биччаялда дандечӏарав чи дун гуро. Амма 6 миллион бетӏер гӏезабилелде, цин гьабсагӏаталда ругезе санагӏатал шартӏал чӏезаруни бокьилаан. Гӏиял бетӏер цӏикӏкӏинабизе нижедаги кӏола, пачалихъалъ квер чӏвалеб бугони, — ян абуна Мухӏудада Сагӏидовас.

Мухӏудадаца гьанир бицен гьабулел ругел, гӏи гочинабулаго нухда дандчӏвалел захӏмалъаби раккиялъе аслияб гӏиллалъун кколеб буго, гьанже гьел нухал гӏадамазул хасаб бетӏергьанлъиялда рукӏин.

1992 соналда гӏуцӏараб магӏишат буго Гумбет районалъул Цӏиликьа чагӏазул. Гьезул «Чед» КФХялъухъа Белорусиялъ гӏиял росизе ругилан хъван букӏана нижеца газеталъул цересел номеразда.

Жакъа къоялда гьезул буго 2700-гӏанасеб гӏи. Гьезул къадар 6000-ялде бахинабизе бокьун бугин бицана гьеб магӏишаталъул хӏаракатчи Чумаев Гӏисаца. Амма гьезул унтараб суаллъун хутӏун буго эркенго гӏи кваназе бегьулеб даражаялъул ракь гьечӏолъи.

— Гумбет районалда бищун рикӏкӏадегӏан бугеб росу буго нижер, мегӏерги кӏудияб гьечӏо. Гӏи-боцӏи кваназе гӏураб мегӏерги гьечӏо. Советияб заманалда чачаназул магӏардаса пайда босулаан нижеца, гьезулгун къотӏи-къайги гьабун. Хӏукумат биххун хадуб, риххана гьезулгун гьоркьорлъабиги, доба гӏала-гъважаги цӏикӏкӏана, жидерго магӏарда нижеца гӏи кваназабизе гьезиеги бокьичӏо.

Гӏи цӏикӏкӏинабизе бокьун батани, гьел кваназе мегӏерги щай чӏезабулареб хӏукуматалъ? Жакъа гӏемерисеб ракь буго пачалихъалъул фондалъул къайимлъиялда. Гьадин хъвартӏелел нижги тун, къан ккун ракьги чӏун лъикӏищ бугеб, щай гӏияхъабахъе кьолареб гьезие гӏураб къадаралда мегӏерги хъутаналда авлахъги. Гӏи кваназе мукъсанаб ракь букӏиналъ малъкъосун хутӏун руго нижги, нижго гӏадал цогидал гӏухьбиги, — ян бицана хадубги Нажмудин Гӏисаевас.

— Гьеб хӏалалда гӏи кваназабизе мегӏер гьечӏого хутӏизе ккани, щиб гӏилла гьениб бугеб?

— Гӏи гӏезабизе бокьун буго жакъа магӏарухъ ругел гӏадамазе. Хӏукуматалдаса хӏалтӏиги щолеб гьечӏеб мехалъ, киназего гуро бокьун бугеб гъурущ балагьизе Россиялъул шагьаразде хӏалтӏизе ине. Боцӏудаса бугеб хайирги бихьун, магӏишат гьабизе журан руго гӏадамал. Хъутабазда гӏезабуралдаса, магӏарухъ хьихьараб гӏиял гьан бокьулеб буго халкъалъе. Амма гӏи кьаралъизе гӏураб къадаралда хер бижулел мучӏдул гьечӏо нижер.

Гьеб суалгун районалда бугеб МФЦялдаса кагъат битӏун букӏана дица Мал-мулкалъул министерствоялде. Цин гьел ракьазул экспертиза гьабизе кколин жаваб бачӏана гьез. Экспертизаги гьабе, суратги бахъе, нижехъеги рачӏа, гьабизе кколеб хӏалтӏи гьезги гьабе, амма нижее ракь кье гӏи кваназабизе. Гьезул гӏарацги дие къваригӏун гьечӏо. Бищун хӏажатаб жо буго эркенго мугӏрузда кваналеб гӏиги тӏилидеги вегун разиго гьезухъ валагьун дунги. Гӏи гӏорцӏулеб куцалъухъ валагьун дунго гӏорцӏун вугев гӏадин вукӏуна, — илан мукӏурлъана гӏияхъан.

P.S. Гара-чӏвари лъугӏун хадубги телефоналдасан чанго нухалда кӏалъан вачӏана жиндие ракь щвезе кумек гьабеян. Хӏакимзабазда жиндир унти бичӏчӏуларин, дуцаниги чӏаголъи гьабе гьелъиеян абуна гьес ракӏ унтун. Фермерасул ракӏчӏун буго гьаб макъалаги цӏалун, республикаялъул нухмалъиялдаса байбихьун киналго хӏакимзабаз, жиндир унтиги бичӏчӏун, мурад тӏубалилан. Битӏараб бицани, гьесие щиб жаваб кьелебали лъаларого хутӏана дунги.

Ракӏалде ккола Гумбет районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъ Н. Гӏисаевас борхараб суалалъе жаваб кьелилан.