12 февралалда ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас данде гьарун рукӏана республикаялъул бакӏалъул нухмалъулел.

Гьезда тӏадаб бищунго аслияб суал халкъалъул гӏумру лъикӏлъизаби кколин абулаго, Васильевас гӏезегӏан интересал лъазабиялги гьаруна. Масала, гӏадатиял гӏадамазе асар гьабун бугоан хъулухъаздаса махӏрум гьаризе цо-цо нухмалъулезе цӏарал къоял хутӏун ругилан Владимир Васильевас гьабураб лъазаби. Гьедин щибаб районалдаса гӏадамаз жиде-жидер муниципалиял гӏуцӏабазул бутӏрузда хурхун версиял ургъулел руго.

Битӏун гьеб данделъиялда цебесеб къоялъ сардилъ шагьранухги къан чӏун рукӏана Гъаякент мухъалъул гӏадамал. Гьезул ццим бахъун бугоан теплицабазул бетӏергьабаз газги бикъун, гӏадамазе гьеб дагьлъулеб букӏиналда.

Цинги жидеца газ цебе гӏадин цӏикӏкӏун хӏалтӏизабиларин бизнесменазги абун, хӏажалъи ккани, жидецаги рогӏрахъе газ цӏикӏкӏун биччалилан рагӏи Трансгазалъги кьун хадуб хӏалалъ гӏодоре руссинарун ругоан гӏадамал.

Гьединлъидал Владимир Васильевасги гьеб хӏужаялде кӏвар кьечӏого течӏо.

Районалда теплицаби ралеб мехалда бакӏалъул нухмалъиялда лъачӏого букӏунаринги абуна гьес.

«Росдал цо-цо чагӏаз бизнес гьабулеб буго, цогидал абуни рогӏразда авариял ккун, квачан холел руго, цинги разилъи гьечӏолъи загьир гьабулел руго. Амма гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезарулел чагӏазе гӏорхъи чӏвазе лъугьани, нилъ церетӏезе гьечӏо. Гьеб суалалъулъ ращалъи лъица чӏезабизе бугеб?

Нужеца гӏумру гьабулел бакӏал бечелъизе къваригӏун руго нужее, амма цӏорон холеб бакӏалде лъималги херал чагӏиги ккезаризе бегьулищ? Гьелъул жаваб нилъеца кьола: дицаги нужецаги.

Цо бакӏалдаги гурелги кколел руго гьединал хӏужаби, гьедин букӏине бегьуларо», ян кӏалъана В. Васильев.

Хадуб ДРялъул бетӏерас тӏаде жубана жинда божун тарал гӏадамазул тӏалабал тӏуразелъун республикаялъул идарабазул кӏалтӏаса рахъунарел, унго-унголъунги халкъалда ракӏунтарал нухмалъулел къанагӏат гурони гьечӏилан.

Муниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏерасда лъазе кколила районалда, шагьаралда ругел масъалабазул щибаб (газалъул батаниги, токалъул, лъим бацӏцӏад гьарулел бакӏазул батаниги суалазул хӏакъалъулъ).

Гьединго В. Васильевас абуна гъоркьиса республикаялда кӏванин кьоял разе 90 миллион гъурущ батизе. Гьеб кӏун буго магъалаби ракӏариялъул къадар цӏикӏкӏинабиялдалъун.

«Гьеб гуребги жеги 9 кьоялъеги гӏарац батизеги кӏвана нижеда. Амма хӏажат буго жеги 100 кьо. Гъизляралъул электромеханикияб заводалъ (КЭМЗ) 6 миллионалде хӏадурун буго 36 метр халалъи бугеб маххул кьо. Гьединго мугӏрузул мухъаздаги бегьула гьединал кьоял хӏадурулел цехал рагьизе. Гьелдалъун гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏги щвелаан букӏараб.

Баркала магъало бакӏарарал гӏадамазе. Гьелдаса пайда бугебги, къиматабги хӏалтӏи гьечӏо», — ян абуна Васильевас

Араб соналда республикаялда транспорталъул бутӏаялдаса бакӏарараб магъалодухъ щвараб 771 млн. гъурущ биччанин муниципалиял нухал къачӏаялъегиян бицана республикаялъул нухмалъулес. Амма исана ракӏалда бугин гьеб магъалодул 1,2 млрд. гъурущ бакӏаризе.

«Транспорт сабаблъун гӏемерав чиясе къварилъи кколеб буго, гьелдаса щивниги ворчӏуларо. Жиндир заманалда транспорталъухъ магъало кьезе ккола нужецаги нужер хӏалтӏухъабазги. Магъало кьолеб гьечӏони, хӏалтӏудаса рахъизе руго», — ян лъазабуна Васильевас.

Гьебго жавабчилъи тӏад бугин республикаялъул нухмалъулесулги хӏукуматалъулги администрациялдаян бичӏчӏизабуна бетӏерас.

«Заман ингун нилъер гьанир рукӏине руго хӏинкъи гьечӏого хьвадизе бегьулел узданал нухал», — илан ракӏчӏун абуна Васильевас.