13 февралалда «Дагестан» РИАялда журналисталгун дандчӏвана республикаялъул экономикаялъул ва территориалияб цебетӏеялъул рахъалъ министр Хӏажи Султанов.
Агентствоялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас баян гьабуна гьеб бугин «Открытая власть» абураб проекталъул мурадалда тӏобитӏулеб пресс-конференция. Султановго гӏадин, зама-заманалда цогидал министралги ахӏизе ругин гьенире бокьараб суалалъе жавабал кьезе.
Байбихьуда Хӏажи Султановас къокъго бицана гъоркьиса республикаялъул экономикияб бутӏаялда ккарал хиса-басиязул, хӏисабалде росарал хӏалтӏабазул.
Гьедин, лъалаго цӏикӏкӏун буго бакӏарулеб магъало, ралел минаби, лъикӏлъун буго гӏадамазул рукӏа-рахъин.
Федералияб программаялъул кумекалдалъун республикаялда ралел руго цӏорол кӏкӏор ва полиэтилен гьабулел заводалги. Лъагӏалил ахиралдехун хӏалтӏизе риччазе руго гьел.
Махӏачхъалаялъул аэропорталъул рахъалдехун балеб буго жеги кӏигоги завод. Спирт гъорлъ гьечӏел гьекъолел жалги гьанал нигӏматалги хӏадурулел заводал ккола гьел.
Чамалиго соналъ чӏобого хутӏун бугеб «Дагдизель» заводалъул ракьалда индустриалияб паркги гӏуцӏулеб буго.
Хадуб министр Хӏ. Султановас жавабал кьуна журналистазул суалазеги.
Советияб заманалдасаго машгьураб «Дагдизель» гӏадал заводазул кинал ресалин ругел республикаялъул экономика цебетӏезабиялъулъ гӏахьаллъиялъеян гьикъана гьесда «Дагестан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас.
Хӏажи Султановас бицана, тӏоцебесеб иргаялда, жидее хӏажат бугила хутӏаралниги хӏалтӏухъаби цӏунун хутӏизе. Республикаялъул хӏукуматалъги улкаялъул тӏалъиялде хитӏабал гьарун ругила жидее заказал кьеян.
Гьелда цадахъго рагъулал яги электронниял алатал къватӏире риччалел рукӏарал заводаздагицин гьанже гражданияб къайиги биччазехъин рагӏула. Гьедин, масала, КЭМЗалъ кьоял гьаризецин байбихьун буго. Республикаялъул бюджеталда 94 млн гъурущ бихьизабун буго 15 кьо гьабизе.
Министрасул рагӏабазда рекъон, лъикӏал хӏасилал руго цӏер гьабиялъул (2 миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурщиде къайи биччан буго). Кьерцисалаялда дандеккун, 2 млн долларалъ цӏикӏкӏун биччан буго гъоркьиса цӏорол банкабиги шушбиги. Гьедин 4 млн долларалде цӏорол цӏа-рагӏ къватӏисел улкабаздеги битӏун буго.
Гали бахъа-бахъаралъур лъурал гӏисинал базаразул гьикъана «Илчи» газеталъул журналистас. Гьел базараздаса щолеб хайир участковияв инспекторасул чвантинибе унила. Гьелъул бакӏалда, гьел киналго базарал тӏатинеги гьарун, бюджеталде налогал кьезе щай тӏамуларел яги къазе щай къаларелин абураб суал кьуна журналистас.
Министрас жаваб кьуна гьеб бугин даранчагӏазе квербакъулеб агентствоялде тӏаде кколеб суал. Гьелъул вакилзабаз рагӏа-ракьанде щун кьелин гьелъие жавабги.
Амма гьел базарал къаялъул суал цӏакъ гӏакъилго тӏубазе кколинги абуна министрас. Щайин абуни, гьенир хӏалтӏулел, гьениса бетӏербахъи гьабулел чагӏи нилъер ракьцояллъидал кколел.
«ИТАР-ТАСС» агентствоялъул журналистас гьикъана федералияб централдаса Дагъистаналъе бихьизабураб гранталъул (1,2 млрд гъурущ): «Нилъехъе кодобе щун бугищ гьеб гӏарац? Кинал мурадазда гьеб харж гьабизе бегьулеб? Сундухъ нилъее гьеб щвараб?»
— РФялъул регионазул бутӏрузул хӏалтӏуе къимат кьолеб 15 батӏияб къагӏида буго. Гьениб хӏисабалде босула гӏадамазул рукӏа-рахъин лъикӏлъараб куц, мискинал чагӏи дагьлъи, регионалде инвестициял рачӏин ва цогидаб.
Гьеб грант сунда тӏад хвезабизе бегьулебали интернеталдасан гьаркьал кьолеб къагӏида ургъун буго нижеца. 11 азаралда 97 батӏияб предложение буго гьениб. Москваялдасагун Санкт-Петербургалдасагицин ахӏун бачӏана. Гӏадамаз абулеб буго сахлъи цӏуниялда, лъай кьей лъикӏлъизабиялда тӏад хвезабизе бегьулин гьебилан. Цебесаккун киназего бикьун лъикӏин гьеб гӏарацилан абулел чагӏиги руго. Ахиралда жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, гӏалимзабиги, цогидал эксперталги ахӏун, бищун лъикӏал предложениял тӏаса рищизе руго, — ян жаваб кьуна Хӏ. Султановас.
«Хӏакъикъаталъул» рахъалдаса кьураб суал букӏана цӏер ва полиэтилен гьабулел заводал рачӏого, росдал магӏишаталда хӏалтӏулел дагъистаниязе хӏажатал объектал щай республикаялда бищунго гӏемер раларелин абун.
— Бизнесалъ цӏехола гӏицӏго жиндиего хайирги бугеб, заралги дагьаб бакӏ. Гьел рехсарал заводазда хӏалтӏухъабазе щола гӏезегӏан кӏудиял харжал. Гьединго росдал магӏишаталъе хӏажатал объекталги руго республикаялда, — ян бицана министрас.
Рищни-къулалъул завод къваригӏун бугилан бицунелдасаги чанго анцӏго сон буго. Амма жеги рагӏалде бахъараб жо гьечӏо. Хӏажи Султановас бицана гьединаб цо проект билълъанхъизабулеб бугин Болъихъ районалда. Цогидал бакӏаздаги гьаризе ругила.