Гӏансиги тӏун бачӏун, Лъаратӏа районалда ва Бежтӏа участокалда гьоркьоб нух бацун буго. Гьелдалъун гӏадамазе къварилъи ккун гьечӏо.
Чанго къоялъ цебе МЧСалъ лъазабун букӏана ралъдал гьумералдаса 1,5 азарго метралъ рорхатго ругел районазда гӏансиял тӏеялда хӏинкъи бугилан. Гьединлъидал дагьаб мехалъ гьенире сапарал гьаричӏого тейилан.