12 февралалъул радал бухӏана Хасавюрталъул Бамотовское шагьранухда аскӏоб бугеб мажгит.

Гьелдаго цадахъ бухӏун буго аскӏобго букӏана гӏадамал квана-гьекъезе унеб букӏараб бакӏги. Гьелдалъун гӏадамасе къварилъи ккечӏин лъазабулеб буго республикаялъул МЧСалъул хъулухъалъ. Цӏа щиб гӏиллаялдалъун ккарабалиги лъалеб гьечӏо.