Махӏачхъалаялъул имам Шамилил цӏаралда бугеб проспект цӏигьабун къачӏаялъул тадбиразде байбихьизехъин буго шагьаралъул нухмалъиялъ. Гьелъие биччалеб буго 1,5 млрд гъурущ.
12 февралалда гьеб суал гьоркьаоб лъураб данделъи тӏобитӏана хӏукуматалдаги.
Реконструкция гьабулаго ракӏалда бугин шагьранух къачӏазе ва бажарараб къагӏидаялъ гьеб гӏатӏидги гьабизеян бицана данделъи бачарав хӏукуматалъул нухмалъулесул заместитель Хӏажимухӏамад Хӏусеновас. Гьединго хисизе руго шагьранухалъе канлъи кьолел чирахъалги. Киналниги хӏалтӏаби лъугӏизаризе ракӏалда буго 2022 соналде.
Гьелда бан информалатазе кьураб баяналда, шагьаралъул мэр Салман Дадаевас бицана 50 миллион гъурущ биччан бугин реконструкциялъул проект гӏумруялде бахъинабизе. Гьединабго проект 2015 соналъги букӏанин хӏадур гьабун, амма цо-цо бакӏазухъ балагьун, гьеб басралъун бугин, гьединлъидал цӏияб проект хӏажалъизе бугин бицана гьес.
«Дихъе гӏадамаз рачӏунел гӏарзабазда гьикъула имам Шамилил цӏаралда бугеб проспект кидайин къачӏазе бугебилан? Амма киназдаго гуро бичӏчӏулеб кигӏан захӏматаб хӏалтӏи гьеб кколебали. Шагьранухалъул рагӏа-ракьанги къачӏан тӏубалеб хӏалтӏи гурелъул гьеб», — илан абуна мэрас.
С. Дадаевас бицунелда рекъон, реконструкция гьабулаго лъабгониги бакӏалда ракьуда гъоркьан яги тӏасан гӏадамаз нух бахунел бакӏал гьариялъулги суал буго.
«Амма ракьуда гъоркьан гьединаб бакӏ гьабизе бегьилищ яги бегьиларищ абураб суал хутӏулеб буго рагьараблъун. Щайгурелъул лъим къватӏибе кӏанцӏизе рес буго, ракь бухъани. Ракьалда тӏасан нух бахунел бакӏал гьарулел ругониги, гӏемерал хӏалтӏаби гьаризе ккезехъин руго. Палхӏасил, гьеб суал роцӏцӏинабизе буго проекталда тӏад хӏалтӏулез», — илан абуна Дадаевас.
Проспект цӏи гьабун къачӏаялъул хӏалтӏабазде исана байбихьизе бугин лъазабуниги, щиб моцӏалъали мухӏкан гьабулеб гьечӏо мэриялъ.