Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялъул хӏурматалда улкаялда ругелщинал ветераназе 75 аза-азар гъурущ кьезе буго исана. Гьединаб указалда гъоркь гъулбасана гьал къоязда президент Владимир Путиница.

Амма квеш ккараб жо буго гьеб гӏарац кодобе кьезе жалго ветераназул гӏемерисел жакъа чӏаго гьечӏолъи. Россиялъул цо-цо шагьаразда хутӏун руго гьел. Гьединго килщазда рикӏкӏине чагӏи хутӏун руго нилъер республикаялъул шагьараздаги. Амма чанги мугӏрузул районал руго гьел нахъе гьечӏелги.

Гьелда бан «Хӏакъикъаталъе» гьадинаб пикру загьир гьабуна Шамил районалъул Ветераназул советалъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Асхӏабовас:

«Гӏемерисел ветераналги хвараб мехалъ кьолеб гӏарац кинаб жо букӏунеб? Мисалалъе, жакъа Шамил районалда цониги рагъул ветеран хутӏун гьечӏо. Гьезул ахирисев хвана кӏиго соналъ цеве.

Бергьенлъи босаралдаса 60, 65, 70 сон бараб мехалъ, гьезул цо яги кӏигониги чи нахъе вугеб мехалъ щай кьечӏеб гьеб гӏарац?

Ветераназдаго цадахъ 50 000 гъурущ кьолеб бугин тылалда захӏмат баччарал чагӏазегиян хабар буго. Гьединазул кӏинусгониги чи вуго нижер районалда жакъа. Бокьилаан гьезиениги гьеб гӏарац щвани.

Амма Венгриялда ккарал рагъулал тунка-гӏусиязда гӏахьалъаралги Афгъанистаналда рагъулел рукӏарал ветераналги, тылалда захӏмат баччарал чагӏазда ращад гьарун, гьезиеги биччани бегьилан гьеб гӏарац», — илан бицана Мухӏамадрасул Асхӏабовас.

Шамил районалдаго гӏадин, цониги ветеранал гьечӏел районал гӏемер руго жакъа магӏарухъ. Гьезул наслабахъе щайин гьеб гӏарац кьоларебилан абулелги чагӏи руго. Рукӏиналъул пайда щиб?..