Араб анкьалда бищун ахӏи-хӏур бахъинабурал хӏужабазул цояб ккола лъарагӏ миллаталъул цо-цо чагӏаз Дагъистаналъул миллатазде гьабураб видеохитӏаб.

Сверун гӏолохъабиги ракӏарун, бакьулъ чӏарав чияс абулеб буго:

«Дагъистаналъул цониги миллаталъе изну кьолеб гьечӏо Таргъу магӏарда жидерго данделъаби, спортивиял ва цогидалги тадбирал тӏоритӏизе…

Плов гьабизеги гьеб кваназеги бокьун батани, жидерго районалда гьабеян абе. Таргъу мегӏерги гьелда сверухъ бакӏги нижер ракьал руго».

Гьеб батана Шамил районалъул гӏолилазул гӏуцӏиялъ 2 февралалда гьениб гьабураб тадбиралда тӏасан гьабураб кӏалъай.

Доб видеоялда кӏалъалев чиги Махӏмуд Гӏибадулаев абулев чи ватана. Гъоркьиса гьес кандидатура лъун букӏана Махӏачхъалаялъул мэрлъиялде. Гьанже шагьаралъул депутатлъиялде кандидатура лъезе бугин бицана гьес нижергун букӏараб гара-чӏвариялда.

Гӏемермиллатазул Дагъистаналда гьединал хӏужабаз бигьаго питна-хӏуралде рачине бегьула. Гьелъие гӏилла лъани, гьелдаса цӏунизе ресги буго.

Гӏенеккилинха гьезухъ.

Мухӏамад Мирзоев, Шамил районалъул гӏолилазул жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев:

— Хас гьабун Таргъу магӏарда гъоркье ракӏаризе щай нужеда ракӏалде ккараб?

— Гьелъие цо кӏудияб гӏилла букӏинчӏо, гьеб бакӏ гӏицӏго нижерго тадбирал гьаризе санагӏатаб бакӏ бати гуреб. Спортивиял къецалги гьаризе кколел рукӏана нижеца, плов белъинеги ракӏалда букӏана. Тӏадежоялъе, как балеб рукъги батана гьениб. Гьединлъидал свера-хъверун балагьидал, гьенир чӏезе хӏукму ккана. Дова ватарав хъаравуласулгун дандбайдал, гьесги бегьилин абуна. Хадусеб нухалъги щвана дун гьениве. Физзарядка гьабулел ратарал гӏолохъабаздаги бицана дица нижее гьениб нижерго дандеруссин гьабизе бокьун бугилан. Бегьулареб жо гьениб щибниги гьечӏилан гьезги абуна. Кяхулай росдал участковияв инспекторасдаги лъазабуна гьелъул хӏакъалъулъ.

Цинги ниж доре ракӏарараб къоялъул радал гьениве щвана Кяхулай росдал вукӏарав бегавулги. Гьеб бакӏалъул жавабчилъи жинда тӏад бугилан абидал, гьенир ракӏаризе гьесухъаги ихтияр гьаранаха нижеца. Гьев разилъана. Гӏицӏго абуна рацӏцӏа-ракъалъиги цӏунейила, гӏурччинаб зонаялде машинабиги рачунгейила. Гьесдаса хадув вачӏарав гьединавго цоги чиясги гьебго жо абуна нижеда.

Гьез абураб куцалда нижецаги гьабуна.

Тадбирги берцинго тӏобитӏана: хӏисаб кьуна араб соналъ нижер гӏуцӏиялъ гьабураб хӏалтӏул, шапакъатал рикьана районалъул щибаб росулъ ругел кураторазе. Цинги чӏор речӏчӏиялъул, гиря борхиялъул къецалги гьаруна. Къадеквание пловги белъана.

— 2 февралалда букӏараб гьеб дандеруссиналда бан лъазаби лъарагӏаз 7 февралалда гьабиялъе гӏилла щибдай?

— Социалиял сетазда комментариял хъван рихьана рузманалъул какдаса хадур, кире рачунел ругелалигицин лъачӏого, ракӏарун ругила видеоялда ругел гьел гӏолохъабиян.

— Маслихӏат хӏисабалда гьоркьоб рагӏи бицинеян лъарагӏ миллаталъул рахъалдасан нужеда аскӏове вачӏарав чи ккаравищ?

— Ккечӏо. Инстаграммалдасан щиб, фейсбукалдасан щиб хъвадарун гурони, официалияб куцалда нуж мекъал рукӏанин яги ритӏарал рукӏанилан нижеда абулев чи вахъинчӏоха гьезул.

— Журналист Мухӏамад Бисавгӏалиевас фейсбукалдасан нужеде гӏайиб-гъвел гьабулеб бугоан рогьалил какде рахъаян абун эстафета кьунин нужеца Таргъу магӏарда сверухъ ругел лъарагӏазул росабазе. Гьелъул магӏна букӏана дин, цин бугони, руцӏцӏухӏунги рукӏун гьабизе кколин, цоцахъе эстафетабиги кьечӏого. Кӏиабизе бугони, Шамил районалъ насранияб динищин босун бугеб цояб чӏван хадуб, цогидабги кӏаркьен цебе кквезе.

— Гьеб хӏужаялда дандеккей лъугьана гьелъул. Рогьалил какде рахъаян районалъул щибаб росдал гӏадамазде хитӏаб гьабизе цебего ракӏалда букӏана нижеда. Гьанже Таргъу магӏарда бан ккараб дагӏбаги хӏисабалде босун, щайтӏаналъул мугъги бекизе букӏинеян гьабуна таркиялъулазде нижеца гьединаб хитӏаб. Жидедехун нижер щибниги жахӏда-хӏусуд гьечӏолъиги бичӏчӏизабизе, гьединаб жоялдасан ишги ракълиде бачӏинилан хьулалда.

Махӏмуд Гӏибадулаев, видеохитӏабалда аслияб кӏалъай гьабурав чи:

— Махӏмуд, абулеб буго доб видеоялда дуда сверухъ ругел гӏолохъабазда лъалебцин букӏун гьечӏин сундуе гӏоло ракӏарулел ругелали, рузманалъул какдаса хадур данделъарал чагӏи ругин гьел киналгоян.

— Тӏоцебе дида гьелъул хӏакъалъулъ вотсапалдасан бицунеб рагӏана. Гьениб гӏолохъабаз абулеб бугоан какдаса хадур Таргъу росдал мажгиталда цере ракӏаризе ругилан. Цинги цогидас абуна Таргъу росулъ гурелъулинха гьел гӏолохъабаз жидерго тадбир тӏобитӏараб, Гӏамирхан-кенталдалъидалин. Гьединлъидал киназулго хӏукму ккана Гӏамирхан-кенталда данделъизе.

— Жидедаса изнуги босичӏого, доре рачӏуниланищ гьезул разилъунгутӏи букӏараб?

— Гьениреги рачӏун Шамил районалъул гӏолохъабаз плов кванаялда кинабгӏаги тӏадкӏалъай букӏинароан гьезул. Амма гьезда бичӏчӏичӏеб жо буго жидер ракьалдеги рачӏун Шамил районалъул гӏолилаз лъагӏалил хӏисаб кьеялъул тадбир гьабиялъул магӏна. Шамил районалъул цӏар рехсолеб бугелъул, гьединаб тадбир гьеб районалда тӏобитӏизеги ккеларищха.

Гьеб буго цо рахъ. Кӏиабилеб рахъ буго зама-заманалдасан нижер ракьал кколел рукӏин. Масала, Сепараторазул мухъ ккола Кяхулай росдал букӏараб бакӏ. Тӏомолгун венерологиял унтаби сах гьарулеб больница абуни буго Альбурикент росдал ракьалда бан.

Гьанже гьадаб Таргъу магӏарда гъоркь гьел гӏолохъаби данделъараб бакӏ жеги чӏобого буго. Гьединлъидал гьелда берги лъундай гьел гьенире рачӏун рукӏаралин абурал харбал раккана нижер гӏадамазда гьоркьор.

— Махӏмуд, гьел гӏолохъабазул гӏуцӏиялъул цевехъан Мухӏамадица бицана жидеца нужер чанго чиясда цебеккунго лъазабунин гьеб тадбиралъул хӏакъалъулъ.

— Официалияб куцалда чан къоялъ цебеккун лъазабизе кколебали лъалищ дуда гьеб? Амма лъазабун батичӏо. Гьениса-гӏебеде чуял хьихьун ругел нижер васазги абун буго гьезда Таргъу росдал мажгиталдаса изну босизе кколин гьенире ракӏаризе. Ун гьечӏо гьениреги.

Цинги плов белъун бахъунеб гӏадаб мехалда, гьезда тӏаде щун вуго Кяхулай росдал вукӏарав бегавул, гьикъун буго гьел киса-щалилан. Гьезги жидерго мурад бицун буго. Гьедин батани, нужедаго хадуб рищни-къулниги бакӏарун тейилан гьесги абун буго. Тӏокӏаб щибиланха гьес абизе букӏараб?

Палхӏасил, Шамил районалъул гӏолохъабазул гӏуцӏиялъ сан гьабун гьечӏо нижер лъабабго росдал? Нижерги руго гьединалго гӏуцӏабиги жамагӏаталги. Гьединал жал дандралеб гӏадат букӏуна.

— Дандбарабани, букӏинаандай нужер тӏадкӏалъай?

— Валлагь, букӏинароанха. Дида лъаларо сверун къан рахараб гьеб бакӏалде ракӏаризе щай гьезие къваригӏун букӏарабали. «Якорек» лагерь букӏана гьениб цебе. Чӏунтаралин кканиги, цо-цо минаби руго гьенир нижеца жаниб спортзал ва цогидаб гьабизе хӏисабалде росарал.

Гьел руго Гӏамирхан-кент абураб росдал хутӏелал. 1831 соналда биххизабуна гьеб. Гьелда бан кӏиго бицен буго. Цояб – гӏурусазул аскаразе лъим кьечӏолъиялъ биххизабун бугин абула Гӏамирхан-кент.

Кӏиабилеб бицен – гӏурус пачаясе гьа банилан ццинги бахъун, Таргъу росдаде тӏаде кӏанцӏи гьабулелъул Авар ханас биххизабунила гьениб гӏорхъода букӏараб Гӏамирхан-кент.

— Интернеталда комментариязда хъвалеб бугоан нуж гьеб видеохитӏаб гьабизе цо хасал мурадал ругел чагӏаз тӏамун ругилан.

— Гьереси буго гьеб. Амма гьединаб мехалда ахӏи бан киналго гӏедегӏула пуланаб бакӏалде. Лъица данде гьарулел ругелан суал лъоларо нижеца.

— 2 февралалда гьабураб гьеб тадбиралда тӏасан хитӏаб 7 февралалъ гурони щай гьабичӏеб?

— 4 февралалъ гурони лъачӏо нижеда. Тадбиралъул хӏакъалъулъ видеоги цогидабги дол гӏолохъабаз интернеталде рехун букӏинчӏебани, гьебгицин лъалароан нижеда.

— Махӏмуд, МВДялъ лъазабунаха дур хитӏабалъе кколеб къимат кьезе бугин. Гьединлъидал миллатчилъиялда бан гӏайиб гӏунтӏизабизе рес бугин дудеян хъвалеб буго.

— Лъала. Амма дица гъоба хас гьабун магӏарулал абун, цо миллат гурелъулха бихьизабураб. Дагъистаналъул киналго халкъалин абуна. МВДялъулал абуни, гьеле гьеб рагӏиги ккун чӏун руго. Миллатги миллатчилъи батӏи-батӏиял жал руго.

P.S.Бицен гьабулеб лъугьа-бахъиналда бан, дагьал церегӏан къоязда данделъун рукӏана Шамил районалъулги лъарагӏазул лъабабго росдалги (Таргъу, Альбурикент, Кяхулай) вакилзаби, диниял хӏаракатчагӏи.

Гӏезегӏан берцинаб, цоцазда ричӏчӏараб кӏалъайги ккана гьениб. Гӏасрабаз цоцазда цадахъ гӏумруги тӏамулел, гьоркьор ригьналги, гьудул-гьалмагълъиги бугел Дагъистаналъул миллатазул хадубккунисеб къисматги цоцада бухьараб букӏине бугеблъи хӏакъаб буго. Батӏияб хӏалалда букӏине кинго ресги гьечӏо.