Социалиял гьиназда, гьединго гӏадамал данделъарал бакӏазда, бицунеб буго коронавирус унти Дагъистаналде щун букӏин тӏалъиялъ халкъалдаса бахчулеб бугин абун. Гьелъул хӏакъикъат цӏехон нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул хӏинкъи цӏикӏкӏарал рахунел унтабазда хадуб халкквеялъул отделалъул начальник Мурад Рамазановасулгун.

— Коронавирусалъ Дагъистаналда гӏадамал унтизе рес гьечӏин абиларо, амма гьеб ккола щакаб жо. Рес буго даран-базаралъ Китаялде унел дагъистанияз гьеб унти республикаялде босун бачӏине. Талихӏалъ, коронавирусалъ унтиялдалъун гӏадамал холел ругеб китаязул Ухан шагьаралда жакъа цониги дагъистанияв гьечӏо. Аслияб къагӏидаялда нилъерал руго Китаялъул цогидал провинциязда, — ян бицана М. Рамазановас.

— Коронавирусалдаса цӏуниялъе Дагъистаналъул гӏорхъабазда постал лъун ругищ?

— РФялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул буюрухъалда рекъон, пачалихъалъул гӏорхъабазда ругел жанире-къватӏире гӏадамал риччаялъулал киналго пунктазда руго санитариялгун карантиналъул хъаравулзаби, гьенирго руго изоляторалги. Гьениб къватӏисел улкабаздаса рачӏунел чагӏазул чорхол цӏа-каналъухъ халгьабула (термоконтроль). Поезд-самолеталдаса къватӏире рахъиналде ва аэропорталдегун вокзалалде жанире рачӏунезухъ тепловизоралъ хал гьабула. Черхалъул цӏа-кан цӏикӏкӏин, хъегӏи-чинхъи яги магӏу чвахи тӏатани, цогидаздаса батӏагьавун, унтарав изоляторалда лъола ва гьениса медицинаялъулаб хехаб кумекалъул машинаялда гьев рахунел унтабазул больницаялде витӏула. Хадуб халгьабула унтарасулгун бухьен букӏарал чагӏазулги.

— Цо-цо чагӏаз гьабулеб буго дарабазул ва гьурмада ралел маскабазул нахърател мукъсанлъун бугин…

— Гьединаб нахърател гьабиялъе кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏо. Унти байбихьани, дарабазулги маскабазулги къварилъи букӏине гьечӏо. Исана нилъер республикаялда, цӏакъ дагьал чагӏи гурони, гӏадатияб гриппалъцин унтичӏо. Гьурмада маска ххезе ккараб хӏалги гьаниб гьечӏо.

Коронавирусалдаса цӏуниялъеги хӏалтӏизарула гӏадатияб гриппалъего гӏадал тадбирал: рокъоб бацӏцӏадаб гьава букӏинаби, гӏадамал ракӏарараб бакӏазде инчӏого чӏей, вирусаздаса гьава бацӏцӏад гьабиялъулал тадбирал, сапнаца кверал чури, гьайгьай, умумузулго букӏараб дару – ражи хӏалтӏизаби.

— Щиб гӏакълу кьелеб дагъистаниязе, цӏодорлъи гьабиялъул мурадалда?

— Къватӏисеб улкаялде сапар бухьиналда цебе, чара гьечӏго коронавирусалдаса цӏуниялъе прививка гьабизе ккола. Лъикӏаб букӏина, коронавирусалъ гӏадамал унтун ругеб улкаялде, хасго Китаялъул Ухан гӏадал шагьаразде, сапар гьабичӏого тани.

— Гӏадатияб гриппалда дандеккун, инсанасул гӏумруялъе кигӏан цӏикӏкӏараб хӏинкъи букӏунеб коронавирусалъул?

— Аслияб къагӏидаялда коронавирусалъ унтула 60 сонил ригьалдаса тӏаде арал, хасго иммунитет дагьлъарал, чакрил унти ва бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏи. Коронавирусалде дандеккун, гӏадатияб гриппалъулги къватӏул унтабазулги инсанасул сахлъиялъе ва гӏумруялъе гӏемерго цӏикӏкӏараб хӏинкъи букӏуна. Коронавирусалда данде ккун, гӏадатияб гриппалъ унтарал кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун хола. Цо пуланаб мурадалъе гӏоло, СМИялъ дунялалдаго ахӏи бахъинабун, гӏадамал хӏинкъизарулел руго. Гьеб рахъалъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал ккола лъел стаканалъуб буран бахъинаби гӏадаб гӏала-гъважа.