Тӏоцебесеб группаялъул инвалид Ф. Гӏабдурахӏмановалъ жиндир ихтиярал цӏунулел гьечӏин бачӏараб гӏарзаялъул халгьабуна Махӏачхъала шагьаралъул прокуратураялъ.

Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъ тӏоцебесеб группаялъул инвалид Ф. Гӏабдурахӏмановалъе кьезе кколеб букӏараб кӏиго рукъалъул квартираялъул бакӏалда кьун батана цо рукъалъул квартира.

Халгьабиялъул хӏасилалда, тӏоцебесеб группаялъул инвалидалъул мурадалги цӏунун, шагьаралъул прокуратураялъ лъазабуна Махӏачхъала шагьаралъул администрациялда тӏадаблъун гьабулеб бугин, рукӏа-рахъиналъул авариялъулаб фондалдаса 2013-2017 соназда гражданал цӏияб бакӏалда гочинариялъул программаялде босараб къагӏидаялда, Ф. Гӏабдурахӏмановалъе кӏиго рукъалъул квартира кьейилан.

2020 соналъул 28 январалда, судалъ гьеб гӏарза къабул гьабун буго. Судалъул хӏукму, шагьаралъул прокуратураялъ, жиндирго хъаравуллъиялдеги босун буго.