Гӏемер бицунебги хъвалебги буго рахьдал мацӏ цӏунизе ккеялъул, гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьабсагӏаталда мацӏги маданиятги цӏунулеб гъанситолъун хутӏун руго «Хӏакъикъат» газетаги, миллияб театрги, радиоги.
Гъизилюрт шагьаралъул тӏахьазул тукабазда ва киосказда хачӏ гьарун лъун рукӏуна лъицаниги цӏализе росуларел магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏазда рахъарал газеталги, журналалги, тӏахьалги.
Кигӏан бокьичӏониги, рахьдал мацӏалда кӏалъалезулги газеталгун журналал цӏалулезулги къадар дагьлъулеб буго. Гьединабго хӏал буго театралде хьвадулезул рахъалъги.
Дица, школалде хьвадизе байбихьаралдаса нахъе, цӏалулаан магӏарул газетаги, журналги, тӏахьалги. Рагъда хадусел соназ цӏалун рукӏана Цӏ. Хӏамзатил асаразул кӏиябго тӏехь, гьесул кучӏдул рекӏехъеги лъалаан. Нижер Хунзахъ росулъ щибаб рокъоре рачӏунаан «Магӏарул большевик», районалъул «Магӏарул колхозчи» газетал. Школалда цӏалулеб заманалдаго дир лъай-хъвай ккун букӏана Цӏадаса Хӏамзатилгунги. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвараб «Кӏочонареб дандчӏвай» абураб макъала газеталда бахъунги букӏана.
Хадуб, студентлъун вугеб заманалда, лъай-хъвай ккун букӏана Заид Хӏажиевасулгун. Гьес дие сайгъаталъе тӏехьги кьун букӏана.
Институт лъугӏун хадуб дир лъай-хъвай ккана Гӏабасил Махӏамадилгун, Фазу Гӏалиевалъулгун, Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасулгун. Гӏабасил Махӏамадица дие сайгъаталъе кьун букӏана «Тӏаса рищарал асаразул» тӏехь. Дида лъалаан театралъул артистал М. Гӏабдулхӏаликъовги, П. Хизроеваги, С. Мажидоваги, кочӏохъаби – Муи Хӏасановаги Даку Асадулаевги, ва гьез дилъ гъира базабуна дагьабги лъикӏ мацӏ лъазабизеги адабият цӏализеги.
Дун гьанже пенсиялда вуго, амма тохтурлъун хӏалтӏулеб заманалда дихъе рачӏарал гӏемерисел магӏарулал дунгун гӏурус мацӏалда кӏалъалаан. Цинги дица гьезда абулаан дун вугин магӏарулав, дида магӏарул мацӏги лъалин, мунги магӏарул мацӏалда кӏалъаян.
Гъизилюрт шагьаралда гӏумру гьабулел гӏадамазул 80-85 процент магӏарулал ругин абуни, мекъи ккеларо. Гъизилюрт шагьаралъул тӏахьазул тукабазда ва киосказда хачӏ гьабун лъун рукӏуна лъицаниги цӏализе росуларел магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏазда рахъарал газеталги, журналалги, тӏахьалги.
Газеталги рукӏине ккола халкъалъул мурадал тӏуралеллъун. Гьеб мехалда бигьалъизе буго рахьдал мацӏ цӏунизеги газетал цӏалулел гӏемерлъизеги. «Нилъерго чехь унтичӏони, чияр мугъ унтуларин» абураб аби буго магӏарулазул. Нилъеца цӏуничӏони, нилъер мацӏ цогидаз цӏунуларо.