Инсан куцай, гьесие тарбия кьей буго гӏадан цеветӏеялъе чара гьечӏеб хӏужа. Вижаралдаса хвезегӏан инсан вукӏуна сверухълъиялда ругезул мисалазда куцалевлъун. Кигӏан куцаниги, тарбия кьуниги, гьелъул ахир букӏунаро, гьелъие гӏорхъи гьечӏо, амма абичӏого гӏоларо, щибаб пачалихъияб гӏуцӏиялда букӏуна жиндиего хасиятаб тарбия кьей ва гӏадан куцай.

Тарбия кьеялъе ва гӏадан куцаялъе аслиял алаталлъун ккола радио, телевидение, телефонал, газетал, журналал, тӏахьал, цӏикӏкӏаразул хьвада-чӏвади ва гьел гурел цогидалги. Ахир-къадги, тарбия кьеялъул хӏасил — эркенлъи щвей, чияда варавлъун вукӏине бокьунгутӏи ккола.

Тарихалдаса нилъеда лъала, цересел аварагзабазги гӏадамал ахӏана лъикӏлъиялде, куцалел рукӏана гӏамал берцин гьабиялъе. Амма свалат-салам лъеяв Мухӏаммад аварагас босун бачӏараб дин гӏаламалъе букӏана цӏакъго тӏадегӏанаблъун, тарбия кьеялъул тӏогьлъун. Гьес жиндирго мисалалдалъун бихьизабуна радал вахъаралдаса къаси кьижизегӏан инсан кин вукӏине кколевали.

Гьесул тӏолабго гӏумру ана берцинлъиялъул, хӏеренлъиялъул, лъикӏлъиялъул ва битӏараб нухалъул берцинлъи бихьизабулаго ва инсаният гьелде ахӏулаго. Гӏамал берцин гьабиялъул суал жакъаги нилъеда цебе чӏараблъун буго.

Хал гьабуни, жакъа гӏадамазул хьвада-чӏвадиялъулъ бихьулеб буго хъачӏлъи, рахӏму гьечӏолъи, адаб-хъатир гьабунгутӏи, ццим бахъин, хехдари, сабру гьечӏолъи.

Гӏолеб гӏелалъе цебе мисаллъун чӏахӏияб гӏел букӏун батаниги, жакъа чӏахӏияз бихьизабулеб лъикӏаб мисал дагьлъун буго, рекъечӏеб хьвади-чӏвади бихьизабулелги камулел гьечӏо.

Гӏажаиблъи, нилъеца гӏайиб заманалде рехулеб буго, амма дида ракӏалде ккола заман гурин хисун бугеб, нилъго хисун ругилан.

Абиларо гӏадамазул рукӏа-рахъин, рес буголъи, культура цебеялде дандеккун квешлъанилан. Кьун руго ресал, тун руго эркенго, амма ресалде рачӏанагӏан, адаб-хъатир, гьудул-гьалмагълъи, гӏагарлъиялда гьоркьоб бухьен, гьуинлъи лъугӏун унеб буго. Телевизораздаса, видеояздасан, телефоназдасан бихьизабулеб буго щиб бокьаниги: квешабги лъикӏабги, бегьулебги бегьуларебги, гьерсалги битӏарабги, инжитабги къабихӏабги ва гь. ц. Гьелъ къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб буго чӏвай-хъвей, бикъа-хъами, хъахӏбалъи, чороклъи, бугьтан-гъибат.

Ахир-къадги рачӏунел руго Аллагьасе гӏибадат гьабиялде гурел, гӏарцуе лагълъи гьабиялде. Дунялалъулго мисалалда рекъон, гӏарцуца гьабулеб буго кинабго. Бечелъиялъ гьабизе жо тӏагӏараз гьабулеб гӏумру бихьараб мехалда, гӏун бачӏунеб гӏелалда ракӏалде кколеб буго, щибго гӏакъубаги бихьичӏого, жидецаги бечелъи тӏалаб гьабилилан.

Нилъеца кинабго рехун тун буго ясли-ахаздеги школаздеги. Нилъецаго, эбел-инсуца, яц-вацаз, цогидал чӏахӏияз щиб гьабулеб бугеб бачӏунеб гӏел куцаялъе? Чан эбел-эмен унев ясли-ахазде, школазде, тӏадегӏанал цӏалул идарабазде, жидерго лъималазул ахӏвал-хӏал лъазабизе?

Жакъа тарбия кьеялъул иш кинха бугеб? Цого-цо рузман къояз гьарулел дагьал-макъалго вагӏзабаз кин нилъер гӏамал-хасиятал лъикӏлъилел?

Дир буго гьадинаб пикру: бегьиларищ телевидениялдасанги газетаздасанги данделъаби ахӏунги, церего хӏадурарал, дандекколел суалалги дандран, жамагӏатазда цере рахъине, школазде, ясли-ахазде хьвадун, гьезие вагӏза-насихӏат гьабизе, гьезухъ гӏенеккизе. Дир хӏисабалда, тарбия кьеялъул хӏалтӏулъе цӏазе ккола гӏолилал.

Гьеб хӏалтӏи букӏине ккола гӏемеррахъазулаблъун. Цадахъ хӏалтӏизе ккола пачалихъалъулги, диниялги, гӏалимзабазулги гӏуцӏаби, цере лъезе ккола кинабго рахъ хӏисабалде росарал масъалаби. Кидагоялдаса гьанже хӏажат буго цӏалиялда тӏад гуребги, тарбияги кьун, гӏадан куцаялда тӏадги хӏалтӏизе. Чара гьечӏого хӏажат буго гӏолилазда, чӏахӏиязда, руччабазда гьоркьор батӏа-батӏаго тарбия кьеялъул данделъаби тӏоритӏизе.