Ниж какули ру…

Аваргӏор къиналъул хӏинкъиги бихьун

«Хӏакъикъаталдехун» чучун вукӏана,

Чанго мисал рехсон гьеб балагьалъул

Басмаялъе гӏатӏид бицун букӏана

Гьанже цӏалдолевлъун кӏалъалев вуго

Кӏвараб арза бахъун Умаханиде

Хабаралъе добго ургъелги буго,

Аваразе – гӏамаб, дийги гӏахьалаб

Макъала къачӏарал хӏалчӏахъадаца

Хӏал гьабун батана гьелда саламат,

Суннатални лъикӏго лъалел жал руго

Жо нахъе тунгутӏи буго гӏаламат…

Къаралгӏурул бицун, Каммуналде щун

Щула гьабураб дир пикруги гьечӏо

Гьаб жакъа лъугьараб ахӏвал – хӏалалъул

Хӏисаб гьабизе гьелъ тӏамулел гьечӏо

Гьадинги къокълъараб макъалаялъул

Мухъал хвезарурав зулмучи щивдай,

Кодобе босидал бисмилагьалъул,

Калам гьабичӏого хутӏараб киндай?