(Пермаялдаса пирямой репортаж)

Пермаялда аскӏосан чвахулеб лъарал рагӏалда лъим гьекъезе колхозалъул гӏакаги къотӏун, хинаб бакъукь тамахал харил тангаздаги кӏусун, одих гьабулел рукӏана Багӏараб Байрахъ щвараб росдал пермачагӏи – дояркаби, пастухал, лабаранткаби, асеменителал, кормачал, ачетчикал ва контролерал.

Рагъулал васпаминаниязул бицине жувана старый поронтовик, пастух Хъайтмаз.

— Нилъер Нахӏил ридигӏанги гӏемер патиран букӏана гъоб мехалда хӏукуматалъул, — ан ракӏалде щвезабуна гьес. — Бакъанида кьвагьарал патирабазул гохӏ аскӏоб батичӏони, рагъулаан командирзаби. немцал рихьаниги рихьичӏониги, доб рахъалдехун балагьизабун, кьвагьизе тӏамулаан.

— А гьанже рагъде рахъарал апалченцазе щайха патираби щу-щу гурони кьечӏел? – ан цӏехана гӏолохъанав пастух Хъиличица.

— Нилъеде тӏаде кӏанцӏарал хъачагъал немцалгӏан гӏемер рукӏинчӏоха ле, — ян жаваб кьуна асеминителазул анкьил курсал лъугӏизарун вачӏарав Хъараца.

— Цӏаларав чиясул жаваб кьучӏаб букӏуна, — ян гьесда тӏад рекъана Хъайтмаз.

Киналго разиго ралагьана гӏолохъанав асеминителасухъ. Гьев багӏарлъана.

Хъиличида бакӏлъараб гӏадин лъугьана киналго Хъараде руссин.

— А дир цойги суал буго, – ян абуна гьес киназдаго рагӏиледухъ. Нилъеца риччантаралани гьадал хъачагъал, битӏахъе Махӏачхъалаялде унаан хӏукумат хисизе. Гьебго хӏукумат хисизе цебего заман щун бугилан абулел чагӏи дандеги рахъун, хъачагъалги нахъ чӏвана.

Кӏиябго рахъалъ чӏварал-лъукъаралги ккана. Хӏукуматалда патеряби ккечӏо. Гьеб кин бичӏчӏилеб?

Киналго Хъарахъ ралагьана. Гьев вуцӏцӏун чӏун вукӏана. Бихьулеб букӏана асеминителазул курсазда щвараб лъай жизниялъ цере лъурал суалазе жаваб кьезе гӏей гьечӏеб букӏин.

«Гьениб цо тайный секрет яги даже цо кинаб букӏаниги балъголъи батула», — ян глубакамысленна пикру гьабуна гьес.

Талихӏалъ гьеб параялъ лъарахъа гӏака тӏад буссана. Тӏолалго гьелъие хъулухъ гьабизе рортана.

Хъараца хӏукму гьабуна тӏасиялъ зооветеринаразул курсазде цӏализе ине.

Жизни диктует новие теребования.