Аваданав, пагьму – гьунар кутакав, киналго гӏадамалгун гӏамал рекъон вукӏине бажарулев чи вуго Дагъистаналъул Гостелерадиокомитеталъул кочӏохъан, Цӏумада районалъул Кӏванада росулъа Мухӏамад Мухӏамадов.
Гьанив дица веццичӏониги гӏемеразда лъалев, лъикӏав магӏарулав ккола гьев.
Гьесие кьураб кӏалзул ва кечӏ гьабизе бугеб гьунаралъул гьаб гьитӏинаб бутӏа «Бахьикъосалъе» рекъелилан ракӏалдеги ккун, дица видеоялдаса росун хъвана гьал куплетал.
Кечӏ Мухӏамадица хъван буго рищиязул букӏунеб гӏаммаб ахӏвал – хӏалалъул «хӏохьлада» ва гьелъулъ буго хӏакъикъияб махсароги.
Инагурация – хъатгурация,
Цере рахъанщиназ реццгурация,
Хъулухъ, хъулухъ, хъулухъ – тӏадгурация,
Гъоркь ругел къосине сихӏгурация.
Рищиял, ящикал, гьал бюллетенал,
Цингиги гьаркьазул махгурация…
Гьазие шагьаби, дозие шушби.
Демократиялъул опробация.
Бергьаразул къотӏноб рохгурация,
Воре къачӏай тахбакӏ, башгурация,
Къуразул пашманлъи – гӏодгурация,
Хъулухъ гӏодоб лъолеб пашмурация.
Цинги банкет, концерт, зурма- къолол хъуй,
Кӏкӏалабахъ багъулеб кьвагьгурация,
Кьуна вацал талихӏ щвана хӏакимлъи,
Бюджеталъул гӏарцул бохгурация…
Инагурация, хъатгурация,
Цере рахъанщиназ реццгурация,
Киналго тӏаделъун вищгурация
Цинги халкъалъ гъванща хъарсгурация.