(Рипма цӏунун хъвараб)
Дирго лъикӏав гьудул, творческий руччабазул ракӏал жиндихъ паналъарав поэт Гӏабасил Махӏамадиде, гьесухъего, ай рипмаги цӏунун, хъвараб гьаб чанго мухъ бахъун букӏана «Бахьикъосалда».
Вокьулев шагӏир «цӏунун», битӏахъе цӏад базабуна цӏалдолез нижер бахьикъосарал бутӏрузде тӏаде.
Хасго хвалчен бахъун гаргадана Руччаби.
Гъоркьехун лъолеб буго нижерго кечӏги гьелде данде ясаз хъвараб рокьул саринги.
Дир кӏудияв гьудул,
Гӏабасилав мун,
Дуца цадахъ вачун,
Руччабигун дун:
Тӏокӏаб алхинчӏого
Дица кьолеб тӏун,
Лъалхъизе течӏого
Гьез гьекъолеб цӏун!
Къватӏире лъугьана,
Накӏкӏ буго тӏад лъун,
Хъахӏилаб зоб буго
Бетӏералда цун,
Мусудул гьанир тун,
Молода раччун,
Инадай кӏиялго
Кӏудияс рачун…
Гӏабасилав цӏунараб махсара
(Рипма гьечӏеб)
Огь, бахьикъосазул эбелав шагӏир,
Щарил нах щвечӏого, маргарин кунев,
Кечӏ бачӏинчӏеб мехалъ, рипма какулев,
Рокьул гӏашикъасда гӏайибал чӏвалев.
Авар поэзия чӏалде бачӏиндал,
Шури-къулиго щиб къулун чӏаразул,
Бакъанлъун гӏашикъаб кечӏ гьабулесе,
Магӏна бугеб гьабе, кӏвани, махсара.
Гӏабасилас гурищ босиги тӏейги,
Тӏадаб налъи гӏадин, тӏубазабураб,
Бахьикъосал гӏадин мехтичӏониги,
Ясаздаса вохун, гьекъон батила.
Гӏабасилав цӏунун, Набил Мухӏама
Хӏалае вахъине хӏажалъи гьечӏо,
Хӏурулгӏинзабиги руччабилъидал,
Добаги гьасул иш квеш букӏинаро.
Жакъа чӏаго гьечӏев «Камалил Башир»
Какизе рахъарал хъурмазул квешлъи,
Киналго рокьулев, рокьул малаик
Махсароде кколел гьазул капурлъи!