Цебе магӏарухъ годекӏаниб бижулаан кӏудияб гӏакъиллъи. Гьенир данделъарал гӏолилазе цӏикӏкӏараб гӏелалъ кьолаан гӏумруялъул дарсал. Гьанже къанагӏатлъун руго магӏарухъги годекӏабахъ гӏодор чӏолезе кьолел гӏумруялъул дарсал. Цо-цо мехалда ракӏкъварилъизеги бачӏуна, чӏорогоял годекӏабазда берчӏвайдал. Амма нилъер щивасул рекӏелъ рикӏахъе хутӏун руго гьенир рижарал дарсал. Гьел дарсазул тӏираби щун руго жакъасеб гӏолохъанаб гӏелалъеги. Рокьула дие ракӏ-ракӏалъ жакъасел гӏолилал. Гӏумруялде гьезул бугеб рокьухъги, кӏудияздехун бугеб адаб-хъатиралъухъги гӏелмуялдехун бугеб гӏищкъуялъухъги. Цо-цояз абизеги бегьула гьеб гьедин гьечӏин, жакъасел гӏолилал гьединаб рецц-бакъалъе мустахӏикъал гьечӏилан. Валлагьги ругелха! Щибаб заманалъул щибаб гӏелалда рукӏана квешалги лъикӏалги. Гьелъ гурелъулха борцунеб гьезул тарбия. Батиларо гьезулги кинабго щвалде щвараб.
Араб гӏасруялъул дол хӏабургъарал 90-абилел соназ цо-цояз абулеб рагӏулаан гьанжесел гӏолилазул ватӏаналде рокьи гьечӏилан. Гьоркьоб заман иналде, гьезул цо-цоял къанщана гӏагараб Дагъистаналъе гӏоло. Гьеб гурищ ватӏан бокьи. Чӏухӏизе бачӏуна Россиялдаго бищунго гӏолохъанав гӏелмабазул доктор Дагъистаналдаса вукӏиналдасаги. Дунялалдаго машгьурав Хӏабиб Нурмухӏамадов речӏчӏизе вачӏунелъул, гьесда цадахъ бачӏуна Дагъистаналъул махӏ. Дагъистаналъухъ урхъарай гӏолилалъул рагӏабазда ахӏулеб кечӏгун гьев цеве вачӏиндал, чӏухӏиги рохелги рещтӏунарищ нилъер ракӏазулъ. Гьеб гурищ ватӏанги халкъги бокьи! Шагьаралъул маршруткаялда рекӏун унелъулги, рихьула гӏолилазги цо-цо чӏахӏиязе кьолел гӏумруялъул дарсал. Масала, цо къоялъ радалго маршруткаялда рекӏун хӏалтӏуде уней йикӏана. Цо гӏаданалъ, гьелдаса гъоркье лъугьунаго, шоферасухъе кьуна щунусго гъурущ. Жеги макьидаса берцинго вигьун вукӏинчӏеб къагӏидаха, гьес ахӏи-хӏур бахъинабуна гьей цӏикӏкӏарай гӏаданалде, рогьиналде гьеб гӏарац хисун жиндихъа бажаруларилан. Шоферги гьелъулго ригьалъул вукӏана. Амма гьебсагӏатго цо гӏолилас бахъун кьуна чӏужугӏаданалъухъ гӏарац. Ва хӏеренго гьелдехунги вуссун абуна, гъоркье лъугьайилан, сундулго ургъел гьабугейилан. Шоферасул цӏаралдасан гьелда тӏасалъугьайиланги гьарана гьес. Цо къоялъги щвана дун тукаде. Гьенир даран гьабулел гӏадамалги рукӏана. Цо гӏурус гӏаданалъ жинцаго босараб цо жо нахъе кьолеб букӏана, гӏарац гӏолеб гьечӏиланги абун. Амма гьеб параялъ аскӏой эхетун йикӏарай цо гӏолохъанай ясалъ гьей гӏурусалъе босараб жо нахъе кьезе биччачӏо, гӏарац жинцаго кьуна гьелъухъ. Гьей гӏаданалъул бадиса магӏу гирун бачӏана, баркала Дагъистаналъе гьадинал гӏолилазухъиланги абун. Гьединал мисалал гӏемер рачине бегьула. Гьединго рачине бегьула бахьикъосарал мисалалги.