8 февралалда Болъихъ районалъул Рахатӏа росдал школалда тӏобитӏана тӏолгодунялалъул рахьдал мацӏазул къоялда хурхун байрам. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна школалъул мугӏалимзабазгун цӏалдохъабазги, тӏолабго росдал жамагӏаталъги.
Тӏаде рачӏун рукӏана гьалбалги: Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Хӏайбула Вакилов, авар мацӏалъул мугӏалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей ва «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидинова ва Хатимат Мухӏамадовалъул нухмалъиялда гъоркь телевидениялъул къокъа.
Кӏудияб асар гьабуна гьеб тадбиралда гӏахьаллъанщиназе гӏумруги лъалел гӏемераб лъикӏаб-квешабги бихьарал харабазул каламалъ. Гьезул цо-цоязда нилъер шагӏирзабазул тӏубарал поэмабицин рекӏехъе лъалел ругоан. Харабазул рекӏелъан чвахун бачӏунеб букӏана магӏарул маданияталдеги, адабияталдеги, тарихалдеги бугеб рокьи, гьеб гӏолеб гӏелалъ гӏодобе рехилилан бугеб хӏинкъи. Гьаб гӏел цебеса араб мехалда кигӏан цӏакъдай нилъ мискинлъилаян бачӏана
пикру.
2017 соналда цӏа ккун школаги бухӏун, буртаби гьарулеб артелалъул минаялъуб дарсал кьолел хутӏун ругониги, школлъималазеги щибго камураб жо тун гьечӏо Рахатӏа росдал школалда. Бахиллъизе бачӏана гьезул педагогазул коллективалда. Щиб гьабулеб бугониги, цадахъ, цо хъизан гӏадин бокьараб иш тӏубазе хӏадурал ругоан гьел.
Гьале гьаб нухалъги, авар мацӏалъул мугӏалим Патӏимат Патхӏулаевналъул нухмалъи-ялда гъоркь, тӏобитӏана рахьдал мацӏалъул байрам. Роржине къачӏарал хъахӏмакказда релълъун ругоан рахатӏисезул ясалги. Гьез гьабураб адаб-хӏурматалъулги, хӏадурун ратарал умумузул нигӏматазулги бицун пайда гьечӏо, бихьун гурони. Кӏарчанал ясли-ахалъул лъималазги хӏайран гьаруна байрамалде рачӏанщинал.
Киназулго рахъалдасан ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе бокьун буго гьеб байрам гӏуцӏарал, хӏадурарал ва нухда бачине кумек гьабурал, Мухӏамадзагьидова Патӏиматидаса байбихьун, щивасе.
Цоги нухалда бихьизабуна нилъеца магӏарул мацӏалъулги, кечӏалъулги, кьурдулги, гормендаби чӏварал ясазулги, хъубухъун бухари тӏагъур лъурал васазулги бер-цинлъи.