Рахьдал мацӏалъе ва маданияталъе сайгъат гьабураб тадбир тӏобитӏана талат къоялда Хасавюрт шагьаралъул №5 школалда. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана шагьаралъул администрация-лъулги, школазулги, районалъул росабазул школазулги вакилзаби.

Дагъистаналъул мацӏазул в маданияталъул кӏудияб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гьалбадерида рагӏана магӏарул ва лъарагӏ мацӏазда ахӏулел, рикӏкӏунел кучӏдулги, рихьизаруна миллиял кьурдабиги, театралиял церерахъиналги.

Магӏарул мацӏалда цӏалдо-хъабаз бихьизабуна Шамил Мухӏидиновасул басняялдаса хӏадур гьабураб «Гъудулги маккалги» абураб спектакль. Лъарагӏ мацӏалда бихьизабуна лъимер кинида лъолеб ва гьелъие цӏар кьолеб гӏадат.

Гьединго ракӏалдещвезаруна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарзалги. Берлиналда Бергьенлъиялъул байрахъ чӏварав Гӏабдулхӏаким Исмагӏиловасе сайгъат гьабураб кечӏ ахӏулелъул, цере рачӏунел рукӏана рагъул суратал.

Гьадинал тадбиралдаса хадуб божизе бачӏунеб гьечӏо нилъер ирсилал мацӏги цӏарги гьечӏого хутӏилилан абураб жоялдаги. Гӏемермиллатазулаб Хасавюрталъул школазда рахьдал мацӏазде кьолеб кӏвар тӏадегӏанаб даражаялда букӏин бихьизабуна 5-абилеб школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективаз. Хас гьабун гьанир цӏарал рехсезе мустахӏикъал руго школалъул директор Ханика Мусаева, Аслипат Мухӏамадова, цӏалул рахъалъ директоралъул заместитель Аминат Салимова, Роза Сутиева, Пийма Абакарова, Бэла Танбиева ва цогидалги.

Байрамалда гӏахьаллъана Да-гъистаналъул мустахӏикъал артистал Шамил Ханакаевги Латӏип Шариповги.