Дунялалдаго 4,5 миллиард чияс хӏалтӏизабулеб буго Интернет. Мугӏрул росабалъцин гьеб камураб рукъ къанагӏат батила. Интернеталда гьава-бакъ цӏехола сапаралъ рахъиналде, хур-хералъул хӏалтӏи байбихьилалде яги цогидал ишазде лъугьиналде. Росулъ кканщинаб къварилъи-гӏатӏилъи бащдаб сагӏаталда жаниб дунялалъулго бокьараб бакӏалда ругел киналго росуцоязда лъан батула. Цебе тӏубараб къоялъ базаралдаги хьвадун балагьулеб букӏараб ретӏел-тӏагӏелгицин рокъоса къватӏире рахъинчӏого Интернеталдаса босизе рес буго. Унго гьеб тӏолгодунялалъулаб гьинги гьечӏого киндай нилъеца гӏумру гьабулеб букӏарабан ракӏалде ккола гӏемерисеб мехалъ. Битӏун пайда босани, Интернеталъ кьолеб санагӏаталъул гӏемер бицине бегьила. Амма инсанасе гьелъ гьабулеб заралги дагьаб гьечӏебха.
Цебе гьукъаралъе гьанже ихтияр
Интернеталдаса пайда босулелъул киназдаго гуро ракӏалде щолеб бугеб бусурбанчиясул букӏине кколеб хьвада-чӏвади. Социалиял гьиназде раккигун, гӏолилаздагун чӏахӏиязда кӏочонеб буго нилъеца хъванщинаб рагӏул Аллагьасда цебе жаваб кьезе кколеблъи. Исламалда рекъон, инсанасул рухӏияб рахъалъе кинаб заралха бугеб Интернеталъул?
Масала, гӏадамазда рихьулел бакӏазда цоцаздехун каламцин гьабуларел гӏолилазе рес буго социалиял гьиназда накъиталда рукӏине. Бокьарай тӏаса йищеян ахӏулеб гӏадин, гьенир цере рехун руго гӏолохъанал ясазул сураталцин. Рачӏаха гьеб къагӏида цо 30 соналъ цебеккун заманалде дандекквезин. Доб мехалъ бахӏарай гьаризе ракӏалда бугев гӏолиласда бихьизелъун сурат кьеян лъица бугониги гьарарабани, ясалъул эбел нусцӏул ургъилаан. Гьебали ясалъ балъго-гӏатӏго жинцагоги кьезе рес букӏана, сурат кьолев чи гьелъие рекӏее гӏолев вукӏаравани. Рикӏкӏен гӏемерал бихьиназухъе жиндирго сурат кьолей магӏарул гӏолилай цеечӏезайизе захӏматаб иш гьечӏищ?
Жакъасеб къоялде тӏадруссани, жамгӏиял гьиназул бокьараб гьумер рагьарабго, «гьале дунги» — ян абулеб гӏадин, цебе рехун бачӏуна гьумер-куц къачӏарал ясазул суратал. Гьезул мухъилъ руго исламалда рекъон ретӏа-къаралги гӏолилал. Чияр ясалъул сураталги рахъун цо-цоккун гьезухъ валагьулев бихьинчи хӏакъирго вихьулев вуго, амма живго бетӏергьанаб телефоналдаса Интернеталда лъурал суратазухъ бокьанагӏан валагьаниги, гьесда рагӏи абулев чи вукӏине гьечӏо. Киназдаго рихьизе бокьичӏебани, бихьиназ жидерго ясазулгун яцазул суратал социалиял гьиназда лъезецин телароанин ккола ракӏалде. Жакъа нилъ киналго гьеб къагӏидаялде ругьунлъун руго, квеш ккараб жо буго гӏемерисезда гьелъулъ кинабгӏаги сурукълъи бихьунгутӏи. Шаргӏалъ щибха абулеб гьелда?
Бухарияс ва Муслимица рицарал хӏадисазда абулеб буго: «Берзул зина ккола гьукъаралде балагьи, гӏинзул – хӏарамаб хабар бицин ва гьукъараб жоялъухъ гӏенекки, кверзул – гьукъараб кодобе боси, гьелда квер хъвай».
«Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) «гӏинзул зина – гьукъаралъухъ гӏенекки» абурал рагӏабазул магӏна ккола гьерсал рицин, къваригӏелго гьечӏого чияр чӏужугӏаданалъул харбихъ ва каламалъухъ гӏенекки». «Берзул зина» абураб жо бичӏчӏизе бокьани, цо-цо гӏолилазул телефоналда Интернет рагьарабги гӏолеб буго.
Интернеталъул тарбия
Инсанасе къимат кьезе гьесул гьудулзабахъ балагьеян аби буго. Гьанже абизе бегьула – инсанасул хасият лъазе бокьани гьесул телефоналъул халгьабеян. Жакъа къоялда дунялалдаго гӏадамаз бищунго пайда босулеллъун кколел Фейсбук, Инстаграм жамгӏиял гьиназда мисалияв гӏолиласул страницаялде раккани цӏиял харбал, машинаби, спорт, гьудул-гьалмагълъиялъул суратал рихьизе рес буго. Гӏолохъанай эбелалъул телефоналде жанире раккани, батизе буго лъималазул, квен гьабулеб къагӏидаялъул ва гьелдаго релълъанщинаб информация.
Цо-цо гӏолилазеян абуни, Интернет лъугьун буго рокъобгун къотӏноб тӏатун бихьизе толареб яги бажарулареб гӏамал гьабулеб бакӏлъунги. Цояз гьелдаса пайда босула видео-хӏаязулъе лъугьун, цогидаз жидерго «бахӏарчилъи» бихьизабула батӏи-батӏиял публикациязда гъоркь тӏадчагӏазде рагӏабазул гьужум гьабун. Цо-цояз социалиял гьиназул кумекалдалъун жидеего кӏиабилел, лъабабилел лъудби цӏехола.
Интернет нилъер гӏумруялъулъ бессун букӏин якъинаб буго. Гьелъул балъгояб, нилъ кантӏулареб заралалдаса кин рорчӏилел? Гьелъие жаваб батун буго психологазда ва дандекколеб бичӏчӏи кьолеб буго исламиял гӏалимзабаз. Психологазул малъа-хъваязда рекъон, гьитӏинаб къоялдасаго лъималаз телефоналда балагьулелдаги, гьениб хӏалелдаги хадуб халкквезе лъикӏаб буго. Лъимал ралагьулел мультфильмалгицин эбел-инсуца хал гьабичӏого риччазе бегьуларин ахӏи балеб буго гьез. Социалиял гьиназдаги наркотиказде, такъсирчилъиялде, терроризмалде цӏазе бигьаяллъун рикӏкӏунел руго балугълъиялъул ригьалде рахарал лъимал. Интернеталъ малъизе течӏого, лъималазе тарбия нилъецаго кьун лъикӏин рикӏкӏунеб буго исламиял гӏалимзабазги.
Цӏодорго хӏалтӏизабулеб бугони, Интернеталъул пайдаялъул бицунги хӏалкӏвеларо. Жакъа гӏемерисел руччабаз социалиял гьиназул кумекалдалъун гьабулеб буго даран-базар. Исламалда рекъон, чияр лъадигун телефоналдасан хъвадаризе бегьулищ бихьинчи, гьеб хъвай-хъвагӏаялъулъ, гӏицӏго гӏакълу дандбан гурони, мунагьазукье кколеб пикруги гьечӏони?
Гьеб суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалъ:
— Хӏажалъи ккечӏого бихьинчи чияр чӏужугӏадангун кӏалъазе, хъвадаризе бегьуларо. Гьединго чӏужугӏаданги бегьуларо чияр бихьинчигун кӏалъазе. Батӏалъи гьечӏо чӏужугӏадан росасда ятаниги ятичӏониги, гьединго бихьинчиясул лъади ятаниги ятичӏониги. Чара гьечӏого кӏалъазе кколел ругони, шаргӏалда рекъон, махсараби ва гӏемер хабар гьабичӏого тӏубазабила.
Дармилъ, нугӏлъи гьабиялъулъ хӏажат ккани гьукъараб гьечӏо бихьинчи чӏужугӏадангун кӏалъазе.