— Лъадиялъе росасда тӏад кинал хӏакъал ругел?

1. Напакъа кьей (рекъараб). Цо чияс аварагасда гьикъана: «Дуца нижер руччабазул хӏакъалъулъ щиб абулеб, Бичасул Авараг», — илан. Аварагас абуна: «Нужеца гьезие кваназе кье нужецаго кваналеб жоялдаса, нужеца гьезие ретӏизеги кье нужеца ретӏулелдаса, нужеца гьел рухуге ва къабихӏ гьаруге», — абун.

2. Ретӏине ретӏел чӏезаби (рекъараб).

3. Берцинго, хъачӏлъичӏого вукӏин.

4. Лъадул къадру цӏуни, гьелъул балъгояб жо къватӏибе бицинчӏого тей. Аварагас абуна: «Аллагьасда аскӏоб къиямасеб къоялъ чӏолеб бакӏалъул бищун квешаб бакӏалда чӏолел чагӏи ккола, цоцазул балъголъи тӏибитӏизабулел рос-лъади», — абун.

— Росасда цере лъадиялда тӏад ругел хӏакъал щал кколел?

1. Аллагьасде гӏасилъиялъулъ хутӏизегӏан росасе мутӏигӏлъи. Аварагас абуна: «Аллагьасде гӏасилъиялъулъ лъиениги мутӏигӏлъи гьечӏо», — абун. Лъади мутӏигӏлъуларо росасе как-кӏал теялъулъ, жагьилаб ретӏел ретӏиялъулъ.

2. Лъадиялъ цӏунизе ккола росасул рукъ, боцӏи. Гьесул изну букӏун гурони, рокъове чи виччаларо. Я рокъоса щибниги жо кьеларо лъиениги, гьикъун гурого, гьел чагӏи гӏагарал ругониги. Аварагас абуна: «Чиясул бищун лъикӏаб хазина ккола валагьигун гьесул ракӏ бохизе гьабулей, магьаралъе жий мутӏигӏай, рос сапаралде араб мехалъ жиндирго напс цӏунулей ва боцӏул хиянатлъи гьабуларей лъикӏай лъади», — абун.

3. Росасул изну букӏун гурого рокъоса къватӏие яхъине бегьуларо. Нагагь яхъани, гьелъ тавбу гьабизегӏан Аллагьасул ццин бахъуна ва малаикзабаз нагӏана кьола. Росасе кьолей жиндир ясалда цо гӏаданалъ (гӏарабиялъ) васият гьабуна: «Дир яс, дуда росасул лъикӏаб гурого жо бихьуге, дудаса дос гьуинаб гуреб махӏги сунтӏизе тоге», — абун.

— Как базе кӏочон тарай гӏаданалъ щиб гьабилеб?

— Как базе кӏочон тарай гӏаданалъ как бала ракӏалде щвараб мехалда. Аварагас абуна: «Щив чи вугониги как базе кӏочон, я кьижун хутӏун, гьес как бала ракӏалде щвараб мехалъ, гьеб ккола гьелъул гӏуж», — абун.

— Унтараб мехалда как кин балеб?

— Яхъун чӏезе кӏоларей хӏалалъ унтун йигони, как бала гӏодойги чӏун. Гӏодой чӏун как базе кӏолареб хӏалалда йигони, егун бала. Гьеб мехалъ суждаялде гӏодое къули дагьаб цӏикӏкӏинабила рукугӏалдаса.

Хӏусенил вас Гӏимранида аварагас абуна: «Дуца как бай вахъун чӏун, гьединги кӏвечӏони — вегун», — абун.

Гьединги хӏал кӏвечӏони, берзул ишараялдалъун бала.

— Тавбуялъул как щиб кколеб?

— Гьеб буго тавбу гьабун хадуб балеб суннатаб кӏиго ракагӏат.

— Щукруялъул сужда щиб кколеб?

— Гьеб буго цо нухалъ гьабулеб сужда, ай Аллагьас нигӏмат рещтӏинабураб яги балагь тӏаса босараб мехалда гьабулеб. Хирияв аварагас щукруялъул сужда гьабуна Гьамадан Исламалде вачӏиндал.

(«Чӏужугӏаданалъул гӏибадат ва гьелъул диналда хурхарал амраби» абураб тӏехьалдаса)