Гӏалимзабаз гьабураб цӏех-рехалъул хӏасилаздасан баянлъана ракьулъ хасал антибиотикал рукӏин. Гьез бищун захӏматалги бактериязул тайпаби хвезарулелги ратана. Ракьуда кӏолеб буго заралиял бактериял 24 сагӏаталда жанир хвезаризе. Палхӏасил, гӏалимзабазда лъана ракьулъ хасал антибиотикал ругеблъи.

Свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда буго: «Дие тӏолабго ракь гьабуна как балеб бакӏлъун ва рацӏцӏалъиялъе алатлъун. Дир умматалдаса бокьарав чияс как базе бегьула жиндие санагӏалъи ккараб бакӏалда». (Бухари ва Муслим).

Балагьеха, кин тӏадегӏанав Аллагьас щибаб жо гӏуцӏун бугебали ва гьелъул мунпагӏат бихьизе. Гьеб нилъ тӏад ургъизе ккараб хӏужа гьечӏищ? Аллагьас ракь гьабун буго рацӏцӏалъи гьабулеб алатлъун.