Математикаялъул гӏелмуялдаги кӏудияб бутӏа лъурал чагӏи ккола бусурбабазул гӏалимзаби. Масала, профессор Жак Рислерица хъвалеб буго: «Бусурбаби ккола математикаялъул гӏалимзаби», — ян. Цогидав профессор Е. Ф. Готьеца хъван буго: «Алгебра гуребги, математикаялъул цогидал гӏелмабиги Европаялда церетӏуна бусурбабазул кумекалдалъун. Гьединлъидал жакъасеб математикаялда абизе бегьула исламалъул математикайин», — абун.
Масала, Европаялъ росана бусурбабаз ургъарал тарихал. Жиндир заманалда хӏалтӏизаризе захӏматал румазул тарихалги тун, европаялъулал рачӏун рукӏана «Индиялъул тарихазде». Хадуб къабул гьабуна гӏарабазул тарихалги.
Тӏоцебе гьел тарихал хӏалтӏизаруразул цояв ккола Леонардо Фибоначчи (1170-1240). Северияб Африкаялде щведал гьесие гӏемераб гӏелму щун буго гӏарабаздасан.
«0» тарихин абуни тӏоцебе хӏалтӏизабуна Хӏаризмаца (780-850) ва гьелдалъун кьучӏ лъунин абизе бегьула алгебраялъе. Алгебраялъул рахъалъ гьес тӏоцебе хъвараб тӏехьалда цӏарги букӏана «Аль-Жабр ва-л-Мукабала» абураб. Бакътӏерхьул улкабазда гьеб тӏехьалда абулаан къокъго — «Аль-Жабр» абун. Гьелъул цӏаралдасан бачӏараб буго «Ал-гебра» абураб рагӏиги.
Математикияб гӏелмуялъе кьучӏ лъуразул цояв ккола Баттани (858-929) абурав бусурбанчи.
Жак Рислерил рагӏабазда рекъон, Баттани ккола тригонометриялъул «эмен».
Синус – гьебги ккола исламиял гӏалимзабаз ургъараб жо. Гьез гьеб терминалда абулаан «Жайб» абун.
Тригонометриялъул «тангенс», «котангенс», «косинус» гӏадал терминалги нилъее ирсалъе щвана исламияв математик Абул Вафадаса (940-998).
Тригонометриялъул гӏелму загьир гьабуразул цояв вуго Насредин Туси (1201-1274). Тригонометриялъул формулабазул бетӏергьанин абуни ккола ибн Юнус.
«Бином Ньютона» абураб формула ургъаравги Ньютон гуро. Гьеб ургъарав чи вуго машгьурав шагӏир Гӏумар Хӏайям (1048-1123).
«Дифференциалги» Ньютонида батичӏеблъи чӏезабуна гӏалимзабаз. Гьеб тӏоцебе батарав ккола Сабит бин Кура (901).
Цо-цояз абула Декарт кколин (1596-1650) геометрия арифметикагун жубазабурав чийилан. Хӏакъикъаталдайин абуни, гьеб жубазабурав чи ккола Сабит бин Кура.
Анцӏилал дробал ва гьел хӏалтӏизарулел къагӏидабазул хӏакъалъулъ тӏоцебе хъвана Гиясюдин Жемшидица (1429).
Арифметикаялда запятая хӏалтӏизабуравги гьевго вуго.
ХИМИЯ
Жабир бин Хӏаянида (721-805) абулаан «химиялъул эменилан». Гьевин абуни машгьурав вуго гьесдаса хадуб заманалда гӏумру гьабун рукӏарал гӏалимзаби Пристлидаса (1733-1804) ва Лавуазьедаса (1743-1794). Европаялъулазда лабораториял щиб жоялицин лъалареб заманалда, гьес ран рукӏана лабораториял ва гьенир гьарурал гӏелмиял цӏех-рехаздалъун дунялалдаго цӏарги рагӏана бин Хӏаянил.
Цӏар рагӏарав химик Абубакар ар-Рази (864-925) ккола, европаялъулазда гьев лъала Разес абураб цӏаралда гъоркь, тӏоцебе серная кислота ва бацӏцӏадаб спирт ургъарав чи. Брандтидаса цебе гьесда лъана фосфор гьабизеги. Гӏарадабазе тункӏиххер ва гумпараби ургъаралги ккола бусурбаби. Миномет ургъана Фатихӏица (1432-1481).