17 февралалда Хъумторхъала районалъул Цӏияб Шангъода-Шитлиб росдал гӏадамал чӏун рукӏана шагьранухги къан.

Гьелъие гӏиллалъун ккана росулъе газги канлъиги къотӏизабизе «Газпромалъул» хӏалтӏухъаби рачӏин. Гьелдалъун гьел хӏадурулел рукӏана гӏадамазул минаби риххизаризе. Гьединаблъун бихьизабун буго 18 мина (жибго росулъ буго кӏинусгоялде гӏагарун мина). Тӏоцебе биххизабизехъин буго гьезул лъабгояб.

Минаби гурелги, моцӏида жаниб росдал школаги биххизабизе кколин абураб лъазаби бачӏун букӏана «Газпромалъ» гъоркьиса 3 сентябралда гьелъул директор Узлипат Сагитовалъухъе.

Бицен гьабулел бакӏаздаса 200-300 метралъ рикӏкӏад буго «Моздок-Гъазимухӏамад» абураб ракьулъан лъураб газалъул рогӏоро.

Гьединлъидал газалъул гӏоркь кодоб бугез рикӏкӏуна гьеб бакӏалъул кутакалда хӏинкъи бугин гӏадамазе, гьединлъидал жидерго гӏарцухъ жалго бетӏергьанал минабиги риххизарун, гьел гьениса нахъе ине кколилан.

Гьеб хабар байбихьана 2015 соналдаго.

Амма гӏадамал рази гьечӏо «Газпромалъул» хӏукмуялда.

Цин бугони, гьезул умумуз гьенир минаби рана 1978 соналдаго. Газалъул рогӏоройин абуни бачана 2000-абилел соназул байбихьуда.

«Гӏадамаз жанир гӏумру гьабулел минабиги рихьулаго, щайха гьенисан газ бачараб?» — ин суал лъолеб буго росдал гӏадамаз.

«Хӏакъикъаталъ» гара-чӏвари гьабурай Загьрат Къебедовалъ бицана жидеда архивалда кӏиго батӏияб документ батанила. Цоялда рекъон, советияб хӏукуматалъ гӏага-шагарго 1937-1940-абилел соназда хӏукму гьабун буго гьел ракьал Шитлибги Шангъодаги росабазе хурзал-ахал гӏезаризе кьезе. Кӏиабилеб документалдайин абуни хъвалеб буго гьел ракьал тӏуранго гьеб росдал бетӏергьанлъиялде кьолел ругилан.

Букӏаниги, минабиги риххизарун, гӏадамал гьениса нахъе ине кколилан, газалъул хъулухъалъул чагӏи тӏаса ричӏулел гьечӏо. Амма жидее гьебщинаб балагь гьабичӏого, рогӏоро дагьалъ рикӏкӏадасан бачине бегьуларищан чӏун руго гӏадамал. Гьеб жо къабуллъулеб гьечӏо «Газпромалъе».

Къваригӏун батани, нужецаго добегӏан цӏайила гьеб. Амма хӏакъикъаталда рогӏоро дагьалъ добегӏан бачинеян жал лъугьанигицин, 90-100 млн гъурущ унин гьелда тӏад, хӏалицаго хъизамалги хьихьун ругел жидер киб букӏунеб гьебщинаб гӏарацилан минабазул бетӏергьабиги руго.

«Гӏемерисел херал ва унтарал гӏадамал руго гьанир. Гьезда унтиги гьел минаби риххизаризехъин ругилан абураб харбица ккезабуна», — ян бицана Загьратица.

Шангъода-Шитлиб росдал гӏадамал гьебго гӏиллаялъ шагьранух къазе рахъун рукӏана 2018 соналдаги гъоркьиса риидалги. Масала, 2018 соналда гьезие лъагӏел кьун букӏана (2019 соналъул марталде щвезегӏан) минабазул документалги цогидабги рукӏалиде ккезабизе.

«Амма гьеб заманалда жаниб нижер документазулъ щибниги хиса-баси ккечӏо. Къоркъмасхъалаялъул хутӏизегӏан, киналго судазда къолелги руго ниж. Гьанже «Газпромалъги» судебниял приставазе цӏидасан гӏакъуба кьолеб рагӏула судалъул хӏукму тӏубачӏого нуж щай гьедин чӏун ругелилан. Гьел минабиги нижер харжаздалъун риххизаризе кколел рагӏула. Гьелъие гӏоло тракторги бачун рачӏарал приставазе, трактор хӏалтӏизабуралъухъ, минаялъул хважаинас ункъазарго гъурущ кьезе ккола», — ян баян гьабуна Загьратица.

Палхӏасил, гьеб росулъ цониги чиясул гьечӏо минабазул документал.

Я росдал, я минабазул кинабгӏаги статус гьечӏониги, гӏадамазухъ руго хӏалтӏизабураб токалъухъги газалъухъги гӏарац кьурал квитанциял.

Жидеда бугеб хӏалалъул бицун гьез Москваялде, президент Путинихъе щвезегӏан хъварал кагъталги тӏадруссун Махӏачхъалаялдего рачӏунел руго. Гьединабго хӏасил кколеб буго ДРялъул хӏукуматалде хъварал гӏарзабазулги.

Хадурагӏи

Цӏияб Шангъода-Шитлиб росдал гӏадамазул мурадал цӏунулев адвокат Заур Башировас «Хӏакъикъаталъе» бицана гьеб суалалда тӏасан ДРялъул хӏукуматалда 18 февралалда данделъи тӏобитӏанин. Гьелдалъун гӏезегӏан гӏадамал разияб хӏукмуги кканила: цин бугони, тӏалъиялъ рагӏи кьун буго гьеб росдае статус кьезе. Кӏиабизе бугони, «Газпромалъулазда» абун буго нужеца гӏадамазул минаби риххизаругейин, гьелъул бакӏалда яги рогӏоро цогидаб бакӏалдасан бачейин, яги гьелъул зарал букӏинаредухъ, гьелда тӏад ракьул цоги гъат гьабейин.

Бицен гьабулеб дагӏбаялда бан пикру лъазе къваригӏун, «Хӏакъикъаталъ» бухьен гьабуна Махӏачхъалаялда бугеб «Газпромалъул» вакиллъиялъулгун. Амма гьелъул хӏалтӏухъабаз инкар гьабуна жаваб кьезе.