Нижер баян:
Мухӏамад Хӏамзатов ккола Болъихъ районалъул Ансалтӏа-Рахатӏаса.
Цӏалана СПбГУялъул юридикиябги филологиябги факультетазда. Гьес хъвана гӏелмияб анкьго тӏехьги (гьезул цо-цоял СПбГУялда спецкурс хӏисабалда хӏалтӏизарулел руго), гӏахьаллъана халкъазда гьоркьосеб 18 конференциялдаги.
Хӏалтӏудаса эркенаб заманалда Мухӏамад хьвадула «Дагъистан» централде, гьенире хьвадулезда магӏарул мацӏ малъизе.
Ас-саламу гӏалайкум, хириял магӏарулал.
Гьале анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданиябгун лъай кьеялъул цолъиялда малъулеб буго авар мацӏ.
Гьенир цӏалана магӏарулал гурелги, батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабиги, ай мухӏканго абуни, гӏурусал, татарал, башкирал, кабардинал, черкесал… Ва гьабсагӏат цӏалулелги руго. Гьел рехсарал миллатазул вакилзабазда гъорлъ вуго Мексикаялъул вакилцин.
Гьайгьай, магӏарул гурел миллатазул вакилзабазги кӏудияб кӏвар кьолеб буго авар мацӏалде. Масала, гьелда тӏад хӏалтӏи гьабулеб буго Америкаялъул, Англиялъул, Канадаялъул, Кореялъул, Япониялъул ва цогидалги улкабазул вакилзабазги. Кавказалъул гуребги, хӏатта исламалъул улкабазул тарихалдаги магӏарулаз кколеб буго таманабго бакӏ. Гьелъги батила, магӏарулазул кӏудияб къадар гьечӏониги, дуниялалъул тарихалда гьез кколеб кӏудияб бакӏ.
Жакъа нилъеда, магӏарулазда, лъалеб гьечӏо нилъерго тарих. Гӏемерисел нилъер тарихалъул хӏужабазул гӏелмиял хӏалтӏаби, тӏахьал руго Турциялъул, Ираналъул, Сириялъул, Германиялъул, Франциялъул, Великобританиялъул, СШАялъул ва цогидалги пачалихъазул архиваздагун библиотекабазда. Руго гьел баянал Россиялъул архиваздаги, амма гьел нилъехъе щолел гьечӏо.
Тӏадеги абизе бокьилаан, Хӏажимурадил бетӏер нахъе кьолареб щай? Къватӏисел улкабазул вакилзабазул магӏарул мацӏ лъазабиялда батила гӏелмияб рахъги, бокьун батила гьезие нилъер гӏамал-хасияталъул тӏабигӏат лъазеги, батизе бегьула гьениб жасуслъиялъул рахъги…
Кин батаниги, дагьалъ цебе дида ракӏалде ккана дун хӏалтӏулеб централде хьвадулел мутагӏилзаби макъалаби хъвазе тӏамизе. Дица гьезие кьуна цо суал – «Магӏарул мацӏ лъазабизе щай дида ракӏалде ккараб?» абураб.
Гьединлъидал ракӏалде ккана гьезул цо-цоял (хъвараб къагӏидаялъул хаслъиги цӏунун) «Хӏакъикъат» газеталда рахъизеги.
Тӏоцевесев мугӏалим
Ассаламу гӏалайкум ва рахӏматуллагьи ва баракатугь!
Дида цӏар Гӏиса буго. Дун гьавуна ва гӏуна Мурманск областалъул Кировск шагьаралда. Дие щвана тӏадегӏанаб лъай. 2007 соналда бетӏербахъи гьабизе дун гочана Санкт-Петербургалде.
Гьитӏинаб мехалдаса нахъего дие бокьулаан батӏи-батӏиял миллатазул мацӏал лъазаризе. Анцӏго сон цебеккун дица байбихьана Кавказалъул мацӏазде кӏвар кьезе. Битӏараб бицани, гӏелмияб рахъалдасан, цебеккун дида гьел мацӏазул хӏакъалъулъ щибниги лъалеб жо букӏинчӏо.
Магӏарул мацӏалъулгун дир тӏоцебесеб лъай-хъвай хӏалтӏуда ккана. Хӏалтӏуда мадугьалихъ вукӏана Саша абун цӏар бугев вас. Цо пуланаб къоялъ дида лъана гьесул унго-унгояб цӏар Гӏумар букӏин. Дица гьесда цӏехана гьесул миллат ва рахьдал мацӏ кинаб бугебилан. Гьев магӏарулав ватана. Тӏоцебе гьесдасан дида рагӏана ва лъана магӏарул мацӏалъул хӏакъалъулъ.
Фонетикаялъ дие кӏудияб асар гьабуна. Магӏарул мацӏалда руго дида цере рагӏичӏел гӏемерал гьаркьал. Хадуб дица байбихьана интернеталда информация цӏехезе, суалал ругони, дица Гӏумарида гьарулаан баян гьабеян. Хадуб нижеца хӏалтӏизе байбихьана батӏи-батӏиял бакӏазда, гьелдаса хадуб хабар-калам гьабизеги рес букӏинчӏо.
Магӏарул мацӏалъул дир тӏоцевесев мугӏалим вукӏана Махӏамад Хӏамзатов. Гьес дида малъана фонетикаги грамматикаги. Махӏамад Хӏажиевичасул кумекалдалъун дица рахъана тӏоцересел галабиги магӏарул мацӏ лъазабиялъулъ. Гьелъги батилаха, дие магӏарул мацӏ лъазабизеги захӏмалъичӏеб.
Лезгинкалъул школалда дир вукӏана цо Гъазихӏума абун цӏар бугев гьудул. Гьес дун Дагъистаналде жиндихъего гьоболлъухъе ахӏана. Гьеб мехалдаса нахъе дун щибаб риидал унаан Хунзахъ районалде.
Магӏарулал руго цӏакъ гьобол-чи хирияб халкъ. Дие бокьун букӏана гьезул мацӏ бичӏчӏизеги магӏарул мацӏалъ кӏалъазеги. Дир гьудуласул инсуца абулаан: «Тӏоцебесеб лъабго нухалъ Дагъистаналде рещтӏарав чи гьоболлъун вукӏунила, ункъабилеб нухалъ вачӏарав гьобол рукъалъул чилъун рикӏкӏунила».
Дица Дагъистаналде хекко-хекко рухьунел рукӏарал сапараз гьабуна дие кумек магӏарул мацӏ лъазабизеги. Кӏалзул мацӏ-калам лъикӏаланго батӏияб буго адабияталъулалдаса. Гьеб лъазабизе бегьулеб къагӏида буго цого-цо, магӏарулазулгун хабар-калам гӏуцӏани.
Узухъда, дун пашманав вуго, гьале чанго сон буго, дие рес щолеб гьечӏо, гьаб дие бокьулеб магӏарул мацӏ лъазабизе. Амма дир пикру буго, санагӏалъи ккарабго, магӏарул мацӏ хадубккунги лъазабизе.
Дида ккола магӏарул мацӏ цӏакъ мухӏканаб бугин. Дир рахьдал мацӏ гӏурус бугониги, щаялиго, цо-цо жал дие магӏарул мацӏалъ абизе бокьула. Магӏарул мацӏ гуребги, цоги дие бокьун буго гӏахьвалазул мацӏ лъазабизеги.
Гӏиса Шилов
Загӏипго лъалаан
Ассаламу гӏалайкум, хӏурматиял ракьцоял.
Дида цӏар Камил буго. Дица лъугӏизабуна Санкт-Петербургалда бугеб Нартилгун Магӏданазул университет. Дир рахьдал мацӏ буго магӏарул мацӏ. Гьеб буго цӏар арал умумузул мацӏ, гьездаса щвараб, нилъеда багьа гьабун бажарулареб, бечелъи ва кутакаб ирс.
Дун гьавуна Дагъистаналда, Буйнакск районалъул Ахъайтала росулъ. Дун гьавун хадуса нижер хъизан гочана Ямалалда бугеб Ноябрьск шагьаралде. Гьеб шагьаралда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолеб мактаб букӏинчӏо. Гьединлъидал дида магӏарул мацӏ лъикӏ лъалеб букӏинчӏо.
Санкт-Петербургалде щвараб мехалда дида рагӏана гьенир магӏарул мацӏалъул дарсал кьолин «Дагъистан» абураб культуриябгун просветительлъиялъул централда Мухӏамад Хӏажиевич абурав чияс.
Ва дица хӏукму гьабуна гьениве хьвадизе, магӏарул мацӏ лъикӏ лъазабизе.
Кватӏизегӏан чӏечӏого, дица байбихьана дарсазде хьвадизе.
Гьениб дир лъай-хъвай ккана Петербург шагьаралда цӏали ва гӏумру гьабулел ругел цогидал ракьцоязулгун.
Цӏали лъугӏигун, дун нахъвуссана Ноябрьск шагьаралде ва байбихьана Севералда бугеб Цӏияб Уренгой шагьаралда дир махщелалда рекъон хӏалтӏизе.
Абуни, нуж божилароха, гьенирги дида дандчӏвана ракьцоял, хадуб дида тӏадаб букӏана армиялде ун Ватӏаналъе хъулухъ гьабизе.
Кӏудияб гӏажаиблъи ккана гьенир дида ракьцоял солдаталги ва офицерзабиги дандчӏвайдал.
Дун вохарав вуго Россиялъул Федерациялда дун вукӏарал батӏи-батӏияб бакӏазда жиде-жидерго мацӏги, маданиятги, тарихги, ирсги кӏоченчӏел ракьцоял ратиялдаса.
«Культурно-просветительский центр (Дагъистан)» гӏуцӏарав Гӏиса-хӏажи Гӏусмановасе кӏудияб баркала кьезе бокьун буго. Щай абуни, кинаб букӏаниги багьа кьечӏого, дие рес щвана гьев сабаблъун рахьдал мацӏ лъазабизе.
Камил Салаватов
Кьурдабиги рокьана, мацӏги бокьана
Ас-саламу гӏалайкум!
Дида цӏар Мария буго. Дун гьаюна, гӏуна ва гӏумру гьабулеб буго Санкт-Петербург шагьаралда.
Дица лъугӏизабуна Герценил цӏаралда бугеб университет ва гьениб дие щвана тарихчиясул махщел.
Хасго дие бокьула магӏарулазул маданият, магӏарул мацӏ, кучӏдул, кьурдаби, квен-тӏех ва гьезул ретӏа-къай. Дица магӏарул мацӏ лъазабулеб буго кӏиго лъагӏелалдаса цӏикӏкӏараб заманалъ Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идараялда.
Дун хьвадула лезгинкаялъул ансамблялдеги. Гьеб ансамблялда цӏар буго «Ритмы Кавказа». Гьелъие нухмалъи гьабула Осетиялдаса Кристина Санакоевалъ. Гьенир дица лъазарулел руго Кавказалъул батӏи-батӏиял миллатазул кьурдаби. Хекко-хекко нижер ансамбль батӏи-батӏиял бакӏазда цебе бахъуна. Дицаги гьениб гӏахьаллъи гьабула. Гьениб гьединго дица ругьун гьабулеб буго къали кьабизеги. Гьениб дир лъай-хъвай ккана батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабигун.
Дица гӏахьаллъи гьабула «Дагъистаналъул гӏолилазул мажлисаздаги». Гьенир ниж кьурдула, ахӏула кучӏдул, рицуна батӏи-батӏиял харбалги, тарихалда лъугьарал хӏужабиги, хекко-хекко бакӏарула нижер годекӏанги, гьанир нижеца гьоркьор лъола батӏи-батӏиял ишалги ва суалалги. Гьениб дир магӏарулазулгун лъай-хъвай буго. Дида лъана Петербургалда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолел ругеблъи, дица хӏукму гьабуна гьение хьвадизе.
Ахиралда дие бокьун буго Гӏисахӏажи Гӏусмановасе баркала загьир гьабизе. Гьесул кумекалдалъун дие рес щвана Петербургалда гьес гӏуцӏараб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идараялда магӏарул мацӏ лъазабизе. Дица баркала кьола ва загьир гьабула дида магӏарул мацӏ малъарав мугӏалим Хӏамзатов Мухӏамадиеги. Дида ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани, Дагъистаналде щвезеги
Мария
Гӏисахӏажиясе — баркала
Ас-саламу гӏалайкум, ракьцоял!
Дида цӏар буго Ибрагьим, дун гьавуна ва гӏуна Хасавюрт шагьаралда. Дир умумул руго Казбек районалъул Буртунай росулъа. Дица авар мацӏ лъазабулеб буго, гьеб кӏоченчӏого букӏине. Авар мацӏ буго дир рахьдал мацӏ, жеги гьелде абула магӏарул мацӏилан. Магӏарул мацӏалъ кӏалъалел рукӏана нилъер анкьумумул. Диеги бокьун буго дидагоги рахьдал мацӏ лъикӏ лъазе. Щай абуни, дие бокьун буго дирго лъималаздаги рахьдал мацӏ лъазе. Рахьдал мацӏ буго нилъее умумуздасан щвараб бечедаб ирс.
Шагьаралда гӏумру гьабулеб заманалъ, хекко-хекко нилъеца хӏалтӏизабула халкъазда гьоркъосеб мацӏ хӏисабалда — гӏурус мацӏ. Гьелъги батила, нилъеда дагьабго кӏочана рахьдал мацӏ. Дагъистаналдаса гочараб заманалъ нилъеца рахьдал мацӏ къанагӏат гурони хӏалтӏизабуларо. Гьединги тӏагӏуна нилъер рахьдал мацӏ.
Гьоркьохъеб мактаб лъугӏун хадуб, дун гочана Брянск шагьаралде. Гьенив дун колледжалде цӏализе лъугьана. Колледж лъугӏун хадуб дун ана армиялде Ватӏаналъе хъулухъ гьабизе ва гьениб дица бана кӏиго сон. Армиялдаса тӏад вуссун хадув, дун Москваялде гочана ва байбихьана гьенив хӏалтӏизе. Я Брянскалда, я армиялда, я Москваялда дир санагӏалъи букӏинчӏо рахьдал мацӏалда кӏалъазе.
Москваялдаса дун гочана Санкт-Петербургалде. Гьаниб дида лъана Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идара букӏин. Гьениве щвараб мехалъ бицана гьенир магӏарул мацӏалъул дарсал кьолел ругилан. Нахъе тӏамичӏого, дица хӏукму гьабуна гьел дарсазде хьвадизе. Ва гьабсагӏат дун гьениве хьвадулев вуго.
Дун цӏакъ вохарав вуго гӏагараб росдадаса ва Дагъистаналдаса рикӏкӏад рахьдал мацӏ лъазабизе щвеялдаса. Дие бокьун буго, тӏоцебесеб иргаялда, баркала кьезе Гӏисахӏажи Гӏусмановасе, щай абуни, гьес нижее чӏезарун руго киналго шартӏал. Ва кӏудияб баркалла нижер авар мацӏалъул мугӏалим Мухӏамад Хӏажиевичасе.
Ракӏалде ккола нилъеца адаб-хӏурмат гьабун цӏунани, магӏарул мацӏ цебетӏелин, гьеб тӏадегӏанаб даражаялдеги бахинилан.
Ибрагьим Шейхов
Кӏалъазе лъаниги
Ассаламу гӏалайкум!
Дида цӏар буго Расул. Дун вуго магӏарулав, Дагъистаналдаса, Харахьи росолъа. Дица гӏумру гьабулеб буго Санкт-Петербург шагьаралда. Жегиги гьитӏинав вугев мехалдаса нахъе щибаб соналъ риидал дун росолъе витӏулев вукӏана эбел-инсуца.
Гьединан дида магӏарул мацӏ лъана. Цинги кӏалъазе лъалеб букӏана, амма хъвадаризеги, тӏахьал цӏализеги лъалеб букӏинчӏо. Битӏун бицани, аскӏор ругездаги лъикӏ лъалеб букӏинчӏо магӏарул мацӏ. Кӏалъазе лъаниги, цӏализе лъиданиги лъалароан. Амма дий кучӏдулги, цогидал тӏахьалги цӏализе бокьун букӏана. Доб заманалда Санкт-Петербург шагьаралда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолел рукӏана «Дагъистан» централда, Васильевасул Чӏинкӏиллъиялда.
Мухӏамад Хӏамзатов вуго гьел дарсал кьолев чи. Гьес гьитӏиназдаги, кӏудияздаги, лъикӏ лъалездаги, церегӏан рачӏараздаги малълъула цӏализеги, кӏалъазеги, хъвадаризеги. Цинги дунги дир гьитӏинав вацги лъугьана гьесухъе хьвадизе. Анкьида жанир цо нухалъ, гьатӏан къоялъ. Цо лъагӏалица лъанаха лъикӏ гьабун магӏарул мацӏ. Гьанже цӏализеги лъала, хъвадаризеги лъала. Цӏакъ баркала Мухӏамадие. Тӏасияб соналъ, Аллагьас хъван батани, дица дирго лъимал ритӏизе руго.
Расул Гӏусманов
Дагъистаналде сапар
Лъагӏалидаса цӏикӏкӏараб заманалъ дун ургъулев вукӏана Дагъистаналде сапар бухьине ва ахиралда дица хӏукму гьабуна гьениве ине.
2019 соналъул 11 августалъ дун Махӏачхъалаялде воржана. Самолет шагьаралде гӏагарлъулеб заманалда дида рихьулел рукӏана берцинал мугӏрулги Каспий ралъадги.
Дун Россиялде вачӏараб 2015 соналда дида гӏемер бицунеб рагӏана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Петербургалда ругел дир гьудулзабаз гӏемер абулаан, Дагъистан хӏинкъараб бакӏ бугилан ва интернеталдаги гӏемер бицунаан гьеб хӏинкъиялъул хӏакъалъулъ. Амма гьеб хӏинкъиялъул дица ургъел гьабичӏо, щай абуни, дун вуго Мексикаялдаса, гьеб жеги хӏинкъараб бакӏ буго. Гьел гӏемер рицунел харбаз дие цӏакъго бокьана Дагъистаналде сапар бухьине. Тӏадежоялъеги, дун вуго Мексикаялдаго Мугӏрузул шагьарилан цӏар араб Монтеррей шагьаралдаса, ва гьелъги батилаха, дир ракӏги Северияб Кавказалде цӏалеб букӏараб.
Аэропорталда дида дандчӏвай гьабуна дир магӏарул мацӏалъул мугӏалим Мухӏаммад Хӏажиевичасги ва гьесул вацгӏал Ахӏмадицаги. Ниж ана Ахӏмадихъе, гьенире къалъуда щвана ва нижеца гьениб къадеквен гьабуна, хадур ниж таксиялда Рахатӏе ана.
Байбихьудаго дир пикру букӏана лъабго-ункъо къо гьениб базе. Мугӏрузул нухазда нижеца бахъана ункъо сагӏат, гьеб букӏана гӏажаибго берцинаб ва гьелъ дие кӏудияб асарги гьабуна. Дие цӏакъ рокьана нухда ругел гӏисинал мажгиталги гӏурччинал исламалъул байрахъалги. Ниж Буйнакскиялдасахун рачӏана, цӏакъ бокьун букӏана гьеб шагьар бихьизеги, амма нижер заман букӏинчӏо, щай абуни, ниж дуниял рукӏкӏиналде магӏарухъе щвезе кколел рукӏана. Аллагьас хъван батани, хадусеб нухалъ щвезе ватила.
Буйнакскиялдаса хадур ниж рахана мугӏрузде ва гьениб бугеб туннель тун хадур ниж щвана имам Шамилил росулъе — Генуре. Гьелдаса хадур ниж Черкеялъул (Чӏикӏаб – ред.) жаниблъиялде лъугьана. Нухдасан унаго нижеда рихьулел рукӏана берцинаб ва гучаб гӏорги берцинал мугӏурулги.
Ниж Мухӏаммадихъе рокъоре щвана сагӏат анцӏгоялда бащдаб хӏалтӏараб заманалъ, нижеда дандчӏвай гьабуна гьесул эбелалъги яцалъги. Ниж тӏаде щвелалде хӏадурун батана къасиквенги. Радал вахъараб заманалъ, рукъалда цебе дида бихьана мегӏер ва гьелъ дун цӏакъ гӏажаиблъизавуна. Гьеб мегӏералъ дида ракӏалде щвезабуна дирго гӏагараб шагьар. Хадув дун ана ахикье. Гьенир рукӏана гӏечулги, генулги, мокьролги ва кокомилги гъутӏби ва гьениб букӏана берцинаб майданги, гьенир рукӏана накӏкӏил гъутӏбиги. Гьениса хадув дун щвана лъарахъеги.
Дун радал кваналеб мехалъ, нижеде тӏаде вачӏана Мухӏаммадил вацасул вас. Дун гьелгун цадахъ Къурбан Байрамалде хъвезе чахъу бачине ана. Гьеб букӏана дир тӏоцебесеб Къурбан Байрамалъул къо. Тӏубараб къоялъ тӏаде рачӏунел рукӏана гӏагаралги, мадугьалзабиги, гьудулзабиги, лъалел-хъвалелги, росуцоялги Къурбан Байрам баркизе. Дие гьениб бокьана киназулгун лъай-хъвай гьабизе ва магӏарул калам рагӏизе.
Гьебго къоялъ бакъанида ниж ана росулъ бугеб лъадал гьобо бихьизеги, дида гьениб дир гӏумруялда жаниб тӏоцебе бихьана урба гьабулеб къагӏида. Амма гьобо къачӏалеб букӏана, гьединлъидал нижее данде ккечӏо урба, ханжу гьабулеб къагӏида бихьизе. Ниж гьоболлъухъе ахӏана Мухӏаммадил росуцояв Мухӏаммадов Халилица.
Къаси Мухӏаммад Хӏажиевичасухъе вачӏана гьесул вацгӏал Хангерей. Гьесда цадахъ рукӏана гьесул васги ва гьесул гьоболги. Хангерейица дун ахӏана гьоболлъухъе. Гьесул мина буго Ансалтӏа, гохӏда. Минаялда цебе буго пихъил ахги, гьениб бугоан цӏибил, микъир, ва бахчаги. Радал дун гьес вахъине гьавуна рогьалил как базе, ниж ана мадугьалихъ бугеб мажгиталде как базе. Мажгиталда дие цӏакъ бокьана. Гьениб бугеб гӏадлу-низамалъ дие кӏудияб асар гьабуна. Мажгиталдаса нахъруссун хадур, ниж кваназе журана, бихьулеб букӏана гьесул хъизан гьобол-чи хирияб ва гьелъие кӏудияб кӏвар кьолеб букӏин.
Гьенисан ниж ана Ансалтӏе гьениб бугеб гьобо бихьизе. Гьабихъ букӏана годекӏанги, нижеца гьезие салам кьуна ва дица лъай-хъвай гьабуна гьенир ругел гӏадамазулгун. Ниж цоцада кӏалъана, дун Мексикаялдаса гьобол вукӏин лъараб мехалъ, гьел цӏакъ рохана. Бихьулеб букӏана, гьелги гьобол-чи хириял гӏадамал рукӏин, гьалбадеридехун гьезул кӏудияб адаб-хӏурмат букӏана.
Гьениса ниж ана гьобо бихьизе. Гьеб букӏана лъадал гьобо. Дида гьениб бихьана ханжуги урбаги гьабулеб къагӏида. Хадур ниж гьоболлъухъе ахӏана гьабихъ аскӏов вугев Мухӏаммад Хӏайбулаевас (бегасул Хӏабичил) Гьесги гьесул хъизаналъги гьабуна цӏакъ берцинаб гьоболлъи. Гьесие нижеца баркалаги кьуна ва рокъоре тӏад руссана. Хадусеб къоялъ ниж гьоболлъухъ ахӏана Рахатӏаса Мухӏаммад Гӏалиевас (Гӏумар-Хӏажил).
Гьенибги къачӏан батана батӏи-батӏиял нигӏматазул стол. Гьениб нижеца лъикӏаланго заман бахъана. Хадур ниж, гьезие баркалаги кьун, къватӏире рахъана ва рокъоре тӏад руссана. Арбагӏ къоялъ бакъанида дун ана Махӏачхъалаялде. Гьенив дун рещтӏана Каспий ралъдада аскӏоб бугеб «Каспий» петералда.
Гьениб дица бахъана ункъо къо. Гьениб дица лъай-хъвай гьабуна Махӏачхъалаялда чӏей бугев дир магӏарул мацӏалъул мугӏалимасул мадугьал Мухӏаммад-Загьид Гъазиевасулгун. Гьес гьениб хӏалтӏизабулеб буго «Кӏудияб бугьун» абураб ашбаз-хана. Щибаб ригьалъ дун гьениве хьвадулаан кваназе. Гьенир хӏадурулел рукӏана Дагъистаналъул халкъазул гурелги цогидал миллатазулги кванил нигӏмат-тӏагӏамал. Бихьулеб букӏана Мухӏаммад-Загьидги гьобол-чи хирияв гӏадан вукӏин. Гьениб дица лъай-хъвай гьабуна гьесул вас Шамилилгунги.
Шамат къоялъ дун музеялде ана, хадув цо дагьалъ шагьаралда свера-тирана. Дида ракӏалда букӏана цӏар рагӏараб Дербент шагьаралдеги щвезе. Амма заман букӏинчӏо. Ракӏалдаги буго, Аллагьас хъван батани, хадусеб нухалъ гьенибе сапар бухьине. Гьатӏан къоялъ дун Петербургалде воржана.
Дида бичӏчӏана аслияб къагӏидаялъ Дагъистаналда, магӏарухъ — Рахатӏаги Ансалтӏаги — лъикӏ букӏанилан. Дида дандчӏвана ва лъай-хъвай ккана цӏакъ лъикӏал, гьобол-чагӏазул адаб-хӏурмат цӏикӏкӏарал гӏадамазулгун. Мугӏрул рукӏана цӏакъ берцинал. Дие бокьана лъарги, ахалги, къватӏалги ва минабиги. Махӏачхъалаяда вугеб мехалъ, дун мугӏрузде урхъун вукӏана. Гьабсагӏат абуни, Петербургалда дун ургъулев вуго кидадай дун жеги магӏарухъе щвелаян.
Гьеб сапаралда дида гӏемераб жо бичӏчӏана. Цебеккун Дагъистаналъул хӏакъалъулъ дида рагӏараб жо кинабго битӏараб гьечӏеблъи. Киса-кирго руго батӏи-батӏияб гӏамал-хасияталъул гӏадамал. Нилъеда гьоркьорги камуларо лъикӏаб гуреб хьвада-чӏвадиялъул гӏадамал. Гьелъин абулеб, цо-цо гӏадамазухъ балагьун, нилъеца тӏубараб халкъалъе лъикӏаб гуреб къимат кьезе бегьуларилан.
Цо-цо гӏадамазе бокьула паранг, ингилис, немец яги гӏурус маданият ва гьез лъазарула гьел халкъазул мацӏал. Гьенире сапаралги рухьуна, тира-сверизеги уна. Диени абуни, бокьана Дагъистанги, гьенир ругел гӏадамалги, гьезул гӏадаталги, щайгурелъул, дунги гӏурав вуго Мексикаялъул мугӏрузда.
Бищунго цӏакъ кӏудияб баркала кьезе бокьун буго Петербургалда бугеб Культурно-Просветительский Центр «Дагъистан» гӏуцӏарав Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа Гӏиса-Хӏажи Гӏусмановасе. Щай абуни, гьесул баракаталдалъун дие рес щвана магӏарул мацӏ лъазабизе.
Ахӏмад Гонсалес
Дир рокьи бижана авар мацӏалде
Ракӏалда гьечӏого дир гӏумруялде жанибе лъугьана авар мацӏ ва гъобсагӏатго дир рокьиги ккана. Гьале анцӏгогӏанасеб сон унеб буго авар мацӏалде дир пикруги буссаралдаса.
Дида цӏар Рания буго. Гьаюна Санкт-Петербург шагьаралда, гьоркьохъеб мактаб лъугӏана Мурманск областалда ва цо соналъ цӏалана СШАялда. Дие бокьун букӏана таржамачиясул махщел щвезе, гьединлъидал дун лъугьана Санкт-Петербургалъул пачалихъияб университеталда бугеб филологиялъул факультеталде. Хадуб дица тӏадчӏей гьабуна экономикияб гӏелмуялда ва чанго соналъ дун дармил компаниялда менеджерлъун хӏалтӏана. Гьелда тӏадеги, лъимерлъиялдаса нахъе дица байбихьана батӏи-батӏиял кьурдаби лъазаризе, гьединлъидал Петербургалде щвейгунги балагьулеб букӏана кьурдизе малъулеб бакӏ.
Кинабго хисана Ашраф Магьдиевас (Белокани росу, Азербайжан) ва Мухӏаммад Цӏадиевас (Гьоцӏалъ росу, Хунзахъ район) нухмалъи гьабулеб Дагъистаналъул кьурдул «Гьудуллъи» ансамблялде дун ккарабго. Гьенир рукӏана батӏи-батӏиял миллатазул ясал ва цого-цо магӏарулал васал. Нухмалъулелги васалги гара-чӏварулел рукӏана авар мацӏалда. Гьеб гара-чӏвариялъ дида ракӏалде щвана дун филолог йикӏин, амма дица бищунго гӏажаиблъи гьабуна авар мацӏалъул гьаркьазда. Университеталдаги дие бищун бокьулеб предмет фонетика (гьаркьазул гӏелму) букӏана, гьединлъидал авар мацӏалъул гьаркьазги дие кӏудияб асар гьабуна. Ракӏчӏараб буго, дуниялалда цониги филологас авар мацӏалъул калам-гьаркьазде кӏвар кьечӏого теларилан. Гьелдаса нахъе гьеб ансамблялде дун хьвадулаан диктофонгун ва кьурдабазул дарсал лъугӏун хадур дица диктофоналда хъвараб гьаракь-каламалъул хӏисаб гьабулаан ва хӏаракат бахъулаан кинабго такрар гьабизе.
Кватӏичӏого дица цӏехезе байбихьана авар мацӏалъул дарсал ва мугӏалим. Гьеб цӏех-рехалъ дун ячана Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъулгун лъай кьеялъул цолъиялде. Гьениб дир лъай-хъвай ккана дир тӏоцевесев авар мацӏалъул мугӏалим Мухӏаммад Хӏамзатовасулгун (Ансалтӏа-Рахатӏа росу, Болъихъ район).
Хабар-каламалдалъунги дарсаздалъунги дица байбихьана тӏоцересел галаби рахъизе авар мацӏ лъазабиялде. Щибаб рагӏиялъе магӏна ва таржама гьабулаан, маданият-тарихгун гӏадаталги кьочӏое росун. Гьелдаго цадахъ дица ралагьулел рукӏана авар мацӏалъул рагӏибуссал, кинал рукӏаниги тӏахьал дицаго тӏадеги авар мацӏ лъазабизе. Кигӏан дица хӏаракат бахъаниги, Санкт-Петербургалъул библиотекабазда дие хӏажаталщинал тӏахьал ратичӏо. Гьединго дида батичӏо магӏарул гурел миллатазе хъвараб кинаб букӏаниги тӏехь-сурсатги. Дун щиб гьабилеб лъаларого хутӏун йикӏана.
Дида бичӏчӏана, авар мацӏ лъазе ккани, цо нух букӏин — Дагъистаналде ине, гьенир хасал тӏахьал ралагьизе, магӏарулазулгун лъай-хъвай гьабизе, магӏарул гурел миллатазе жалго тӏадчӏун авар мацӏ лъазабизе рес кьолеб тӏехь гӏуцӏизеги. Гьенир батӏи-батӏиял мацӏазул гӏаммалги хасалги гӏаламатал рихьизаризе.
Гьедин дица хӏукму гьабуна Россиялъул Гӏелмияб Академиялъул Дагъистаналъул Гӏелмияб Цолъиялда (ДНЦ РАН) бугеб аспирантураялде лъугьине ва Махӏачхъалаялде гочине, гьениб мутагӏилзабазда ингилис мацӏ малъизе, диссертациялда тӏад хӏалтӏизе.
Гьеб ишалдалъун дие талихӏаб рес щвана дир вукӏинесев гӏелмияв нухмалъулев Мухӏаммад Мухӏаммадовасулгун (Рулдаб росу, Чӏарада район) лъай-хъвай гьабизеги. Доб мехалъ гьев РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул нухмалъулев вукӏана, гьанже Дагъистаналъул аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ккола. Гьев вуго машгьурав гӏалимчи, мустахӏикъав мугӏалим ва хӏурматияв хӏаракатчи. Гьес дие сайгъат гьаруна авар мацӏалъул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьал, лъай-хъвай гьабуна мугӏалимзабазулгун, кидаго дир гӏелмияб хӏалтӏуе кумек гьабула, лъай-хъвай гьабуна жиндирго хъизан-лъималгун, гьоболлъухъ ахӏана жиндирго гӏагараб росулъе.
Гьединго дие бокьун буго баркала загьир гьабизе РАНалъул ДНЦялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мухӏаммад Мухӏаммадовасе, гӏелмияв хӏалтӏухъан Юнус Муртазагӏалиевасе, ДГПУялъул Дагъистаналъул мацӏазул кафедраялъул нухмалъулев Мухӏаммад Нурмухӏамадовасе, ДГУялъул ингилис мацӏалъул кафедраялъул нухмалъулей Хӏайбат Кадачиевалъе ва гьединго ДГУялъул мугӏалимзабигун мутагӏилзабазеги — гьезул лъикӏаб бербалагьиялъухъ, гӏакълуялъухъ, кумекалъухъ ва кверчӏваялъухъ. Дагъистаналде щваралдаса ва авар мацӏ лъазабизе байбихьаралдаса нахъе дие кӏудияб талихӏ ккана жиндир ишалъул махщел бергьарал устарзабигун гьудул-гьалмагъзабигун дандчӏваялъ.
Рания (Санкт-Петербург)