Гьаб анкьалъул байбихьуда республикаялде вачӏун вукӏана РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцов. ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновгун цадахъ гьев щвана Махӏачхъалаялъул № 26 гимназиялде. Гьениб тӏаде бараб цӏияб корпус бихьизабуна гьалбадерида гимназиялъул нухмалъиялъ. Цере гьенир лъимал лъабго сменаялъ цӏалулел рукӏун ратани, гьанже кӏигоялъ гурони цӏалуларо.

Гьебго къоялъ, 17 февралалда, республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевасгун цадахъ «Гьудуллъиялъул минаялъуб» данделъи тӏобитӏана Сергей Кравцовас.

Гьоркьоб лъун букӏана 2020 соналда Пачалихъалъул цогояб экзаменалда цебе республикаялъул бугеб хӏадурлъиялъул суал. Гьелда гьединго гӏахьаллъана Кравцовасда цадахъ республикаялде вачӏарав Анзор Музаевги. Гьев ккола лъай кьеялда хадуб хал кколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулесул ишал тӏуралев.

Мугӏалимзабазе щиб пайдаха кьураб Кравцовас Дагъистаналде гьабураб сапаралъилан гьикъулеб бугони, Хӏамзат Жамалудиновас баян гьабулеб буго гьеб. Гьев ккола Махӏачхъалаялда бугеб учительзабазул лъай камил гьабулеб институталъул (ДИРО) нухмалъулев.

— Республикаялда чанги цӏияб школа банин, гьелдалъун лъабго ригьалъ цӏализарулел лъималазул къадарги дагь гьабизе кӏванин абуна Васильевас гьениб, — илан бицана Хӏамзат Жамалудиновас. — Гьединго, араб соналъ гӏадин, школазе тӏахьал рикьараб мех ахирал соназда букӏинчӏилан абизе бегьула, гьебги лъикӏаб хӏасил ккана. Амма бищун аслияб жо — нилъер республикаялда ЕГЭ тӏобитӏараб куцалъе лъикӏаб къимат кьуна Сергей Кравцовас.

Данделъиялъул хӏасил гьабуни, бищун дие рагӏизе бокьун букӏараб кӏиго суалалъул гӏатӏидго бицинчӏо гьениб. Тӏоцебесеб, школалъул директорзабазул хӏакъалъулъ. Камилав, тадбир бугев, гъваридаб лъаялъул директор вугони, бокьараб школалъул къимат борхула кибго. Лъималазе гъваридаб лъайги щола гьениб, гӏадлуги букӏуна, эбел-эменги разиго рукӏуна. Гьединаб мисалалда хӏалтӏулел рукӏана советияб заманалда рукӏарал школалъул директорзаби. Жакъасел директорзаби руго щибниги чӏанкӏги жавабчилъиги гьечӏел. Нижеца ЕГЭ гьабунаха, лъималазда кьезе кӏвечӏохайилан рукӏуна. Кӏвезе кканани, гьезие лъай кьезе ккеларищ?

Кӏиабилеб суал буго цӏалдохъабазе лъолел къиматазул. 1461-гӏанасеб школа буго республикаялда. Амма гьенир мугӏалимзабаз лъималазул лъай борцунеб куцалде балагьани, бицине нечараб хӏал буго. Ункъилалда дарс бицани — ункъил, щуйилалда бицани — щуйил лъолеб гьечӏо. Мисалалъе, тӏубараб четверталъ ункъилал гурони щолев вукӏинчӏев цӏалдохъанасе, лъагӏалил къиматалъул хӏасил гьабулаго лъолеб буго щуйилаб. Гьединго лъабилазда гурони цӏаличӏесе щун батулеб буго ункъилаб. Гьединаб бербалагьи мугӏалимзабазулги букӏаго, кинаб лъаялъул даражаялъул нилъеца бицине бегьулеб? — илан абуна Хӏ. Жамалудиновас.