Гьединаб ахӏиялда гъоркь Казбек районалъул Дилим росдал маданияталъул рокъоб тӏобитӏана данделъи. Гьениб райадминистрациялъул бетӏерасул заместитель Икрамудин Салимхановас бицана Афгъанистаналда букӏараб рагъул ва Совет Союзалъ гьелъулъ лъураб бутӏаялъул хӏакъалъулъ.

— Афгъанистаналда букӏараб рагъда нилъер ватӏаналдаса гӏахьаллъи гьабуна 600 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс. Гьезда гьоркьоса хвана ва чӏвана 15 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи, 54 азаргояв лъукъана. 417 чи асирлъуде ккана ва араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана, — ян бицана И. Салимхановас.

ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухтарпаша Гӏумахановасул рахъалдаса Афгъаналъул рагъул ветераназе сайгъатал кьуна «Единая Россия» партиялъул Казбек районалда бугеб отделениялъул председатель Сагӏид Алтумирзаевас. Гьезда гьоркьой йикӏана Афгъанистаналда хварав Ленинаулалдаса Назирдин Салимхановасул эбел Патӏиматги.

Щаяли гьеб данделъиялда йикӏинчӏо гӏарзаги кьун Афгъанистаналде арай медсестра Умижат Юсупова. Районалда цо гурони гьечӏо гьединай чӏужугӏаданги.

Данделъи лъугӏун хадуб дица гара-чӏвари гьабуна цо-цо ветераназулгун. Масала, Россиялъул афгъаналъулазул союзалъул Казбек районалда бугеб гӏуцӏиялъул бетӏер Гӏали Гӏабдуразакъовас бицана жив рагъде кин ккаравали.

— 1986 соналда витӏана дун Афгъанистаналде. Кӏиго соналъ хӏалтӏана «Урал» машинаялда. Совет Союзалъулгун гӏорхъода ругел Афгъанистаналъул Пулихумри ва Хайратон шагьараздаса Жалалабадалде щвезегӏан 500-600 километралъ квана-гьекъолел жал раччулаан дица. Цебе-хадуб 50-60 «Урал» букӏунаан. Гьел цӏунун лъелал аскаразул бронемашинабиги, тӏасан роржунел вертолеталги рукӏунаан. Гьедин цӏунаниги, тунка-гӏуси ккечӏого хутӏулароан, — ан ракӏалде щвезабуна Гӏ. Гӏабдуразакъовас.

Жакъа Казбек районалда вугев 66 афгъаналъуласул цояв ккола Хубар росулъа Хӏасан Хӏасановги.

— Дун Афгъанистаналде ккана гьениб рагъ байбихьараб тӏоцебесеб (1979) соналдаго. Сапёрасул махщалие цӏаларав десантник вукӏана дун. Кӏиго соналда жаниб бищунго захӏматаблъун букӏана нижер бронетранспортёрги кьвагьизабун, 11 чи лъукъараб ва цояв хвараб къо.

Кишлакалги сверун ккун, нижеца чӏухь балаан, душманал ругищали балагьулаан. Цо нухалъ кквезе щун вукӏана гьединаб горсвериялдаса ворчӏарав цо американавги. Пакистаналдаса гьениве витӏарав инструктор вукӏун вуго гьев, — ан бицана Хӏ. Хӏасановас.

Ленинаулалдаса Надирбег Амаев армиялде ахӏун вукӏана 1979 соналъул риидал. Сержантазул школа лъугӏидал, гьебго соналъул декабралда Афгъанистаналдеги витӏун вуго. Лъелазул бронетранспортералда отделениялъул командирлъунги тӏамуна. Нилъер аскариял рачӏинегӏан гьез сверун ккун чӏезарулаан афгъаналъулазул

росаби.

Тары-Буры кӏкӏалахъ чӏарал душманазде гьужум гьабулаго, гьев лъукъана 1981 соналъул 11 маялда. Чанго моцӏалъ госпиталалдаги вегун, рокъове тӏадги вуссана.