19 февралалда Каспийскиялда кӏодо гьабуна Ватӏан цӏунулезул къо. Байрам гӏуцӏун букӏана Совет Союзалъул Бахӏарчи Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб Каспийскиялъул ралъдал кадетазул школа-интернаталда (КМШИ). Гьелда гӏахьаллъана шагьаралъул школазул тарбия кьеялъул рахъалъ директоразул заместителалги, ДРялъул Гӏолилазул ишазул министерствоялъул ва Каспиялъул флотилиялъул вакилзабиги, Совет Союзалъул ва Россиялъул Бахӏарзазул хӏакъалъулъ тӏехьалъул автор Зикрула Ильясовги.

Байрам байбихьана кадетазул интернаталъул цӏалдохъабазе шапакъатал кьеялъул тадбиралдаса. Гьенив кӏалъазе вахъарав ДРялъул Гӏолилазул ишазул министерствоялъул гӏолилазул централъул директорасул заместитель Рашид Гӏабдулаевас бицана 2019 соналда КМШИялъул кадетаз тӏоцебесеб бакӏ ккунин «Зарница» абураб рагъулабгун патриотияб тарбия кьеялъул тадбиралда. Гьелъул хӏасилалда команда гӏахьаллъанин Тӏолгороссиялъул къецалдаги. 80 командаялда гьоркьоб КМШИялъул кадетал мустахӏикълъанин анкьабилеб бакӏалъе. Абизе ккола, рагъулаб лъаялъул рахъалъ тӏоритӏарал къецазда Дагъистаналъул кадетазе тӏоцебесеб бакӏги щвана гьениб.

«Кадетазул хӏаракаталдаса рази вуго дун. Нуж руго рукӏинесел бахӏарзалги нагагь хӏажалъани, тӏоцебесеб кьерда ватӏан цӏунизе рахъунел аскариялги. Жакъа дида бихьана нужер махщел, цокӏалго хӏетӏе босизе бажари, пуланаб масъала тӏубазабизе цадахъ рекъон хӏалтӏизе куцан ругеблъи», — ян бицана Зикрула Ильясовас.

Махӏачхъалаялъул Рагъулаб реццалъул музеялъул директор Жаннет Сагидовалъ школалде рачӏун рукӏана Мухӏамад Хӏажиевасул хӏакъалъулъ бицунел материалалги. Масала, гьес нухмалъи гьабулеб букӏараб гамил макетги, гама гъанкъараб бакӏалдаса, ай ралъдал тӏиналдаса босараб гамачӏги, Бахӏарчиясул рагъулаб шинельги ва цогидал экспонаталги.