18 февралалда республикаялъул журналисталгун дандчӏвана сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимов.
Журналистаз суалал кьелалде, сахлъи цӏуниялъулъ ругел лъикӏал хӏасилазул бицана гьес. Масала, исана 5 млрд гъурщидалъун цӏикӏкӏине бугила «Сахлъи цӏуни» абураб миллияб проекталъе Дагъистаналде биччалеб гӏарац. Гӏагараб анлъго соналда жанибин абуни гьеб проекталда тӏад харж гьабизе буго 20 млрд гъурущ.
Гьелдалъун тӏалъиялда ракӏалда буго республикаялда цо-цо унтаби дагьлъизаризе (рекӏелгун бидурихьазул, ракалъул, лъимал хвеялда хурхарал ва цогидалги).
Министрас бицана гьеб гӏарцухъ ФАПалги разе хӏажат бугин. Исана 20 бакӏалда разе рагӏула гьел. Гъоркьисаги гьедигӏанаселго ран руго.
2024 соналдехун росабалъ киса-кирго лъезе руго гьел пунктал. Тӏадежоялъе, интернетги бачине буго цӏиял ФАПазде. Хасго тохтурас унтарасе малъа-хъваялги рецепталги онлайн-режималдалъун интернеталдасан кьолеб къагӏидаги билълъинабизе буго кватӏичӏого. Райбольницабаздаса киналго анализазул жавабалги гьенире рачӏунеб къагӏида букӏина.
Амма тохтур унтарасда гьумер битӏун кӏалъазе ккелин, бицараб гьуинаб хабаралъ гьесие даруялдасагицин кӏудияб асар гьабулин абуна цо журналисталъ министрасда. Букӏаниги, дунял глобализациялде унеб гьаб заманалда гьединал жалаздаса нахъе кӏанцӏун чӏезе бегьуларин абураб пикру бугеб къагӏидаха министерствоялъул.
Халкъалда гьоркьоб гӏемер разилъи гьечӏолъи букӏуна «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» машинаби я кватӏун щолин, яги рачӏинчӏого чӏолин абун.
Гьелда бан министрас баян кьуна сордо-къоялда жаниб гьел машинаби Махӏачхъалаялда 700 бакӏалде ахӏулилан. Хасго гӏодоркъояз гӏемер ахӏулел руго гьел.
Гьанжелъизегӏан машинабиги цӏакъго басриял рукӏана. Гьанжего-гьанже цӏилъизабулеб буго гьезул паркги.
Махӏачхъалаялъе бихьизабун буго «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» 45 бригада.
Хадуб министрас жавабал кьуна журналистазул суалазе.
— Медицинаялъул лъай щварал гӏолилал шагьараздаго чӏезе кколел руго жиде-жидер росабалъ хӏалтӏи щунгутӏиялъ: 70 сонил ригьалде раханиги, больницабаздаса нахъе унел гьечӏо тохтурзабигун сестраби. Гьеб рахъалъ щиб кумек министерствоялъ гӏолохъабазе гьабулеб бугеб?
— Буго гьединаб масъала. Хас гьабун дихъеги рачӏуна кумек гьарун. Ниж гьелда тӏад хӏалтӏулел руго. Дагъистаналде тӏадруссине бокьарал 50 сонидаса тӏаде арал махщелчагӏицин цогидал регионаздаса нахъе ахӏулел руго нижеца. Гьединазул 60 чи вачӏана гъоркьиса.
Амма, битӏараб бицани, хӏалтӏи балагьулел гӏолохъанал специалистазул гӏемерисел ратула Рутул, Цӏумада яги Цӏунтӏа районазда гурел, гӏицӏго Махӏачхъалаялда хӏалтӏи щвезе къваригӏарал чагӏи. Дербент, Гъизляр, Хасавюртгицин дандекколаро гьезие.
— «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» бицунеб букӏана дуца. Гьел машинабазул шоферзабазул гӏезегӏан масъалаби руго нужеца кӏвар кьезе ккарал. Хӏалтӏул къотӏи-къаялда рихьизарурал гӏемерисел тӏалабал тӏуралел гьечӏо тӏалъиялъ. Масала, я хӏухьбахъиялъе шартӏал гуро, я носилкаби росаралъухъ тӏаде кьолеб гӏарац гуро, ялъуни хисун ретӏине хӏалтӏудасан кьолеб ретӏел гуро…
— Битӏараб буго. Иш хӏакъикъаталдаги гьедин буго. Гьединлъидал нижее къваригӏун буго «Хехаб медицинаялъул кумек» централизованияб куцалда цо бакӏалде — ДЦМКялде (Дагестанский центр медицины катастроф) гъорлъе бачине. Гьеб мехалда бигьалъилаан сундаго хадуб халкквезе.
Кватӏичӏого бан бахъуна «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» хӏалтӏухъабаз хӏухьбахъи гьабизе бакӏги.
— «Хӏакъикъат» газеталде Цӏунтӏа районалдасан хъвалеб буго жидер доба участковияб кӏиго больницаги «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» пункталги къалел ругилан. Иш гьелде ине биччагеян, дудеги ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасдеги ахӏи балеб буго гьез. Амма райцентралде щвезегӏан рекӏун унаго лъабгоги-ункъоги сагӏат балел росабалъ гьединаб жо гьабизе бегьулебищ гӏадамазе?
— Гьеб районалъул бетӏерав тохтур вачӏун вукӏана дихъе кӏиго-лъабгониги нухалда гьеб суалалъ — унтаразул къадарги дагьаб букӏун, дора ругел специалистазде цо кӏудияб хӏалги кколеб гьечӏин, гьединлъидал штатал къазе ругилан. Амма дица гьесда абуна мун нужерго районалъул бетӏерги вачун вачӏайин дихъе, унго-унголъунги гьел больницабиги пункталги нужее къваригӏун гьечӏолъиялъе гьесги нугӏлъи гьабуни, къалин дица гьел бакӏалилан. Гьединлъидал гьанжеги такрар гьабулеб буго: районалъул бетӏерги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, рагӏи билълъарал гӏадамалги рачун рачӏа дихъе, нилъеца киналго рахъалги хӏисабалде росун, къотӏила хӏукму.