Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 31 сон тӏубаялъул хӏурматалда тадбир тӏобитӏана Гъизилюрт шагьаралъул администрациялдаги.

Гъизилюрталъул Херазул советалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдулаевас ракӏалде щвезаруна шагьаралъул №7 школалда жиндаго цере цӏалулел рукӏарал ва хадур Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго чӏварал Хӏасрат Хӏасратовги Александр Шапошниковги.

Гъизилюрталдаса кинавниги 11 гӏолохъанчи чӏван вуго Афгъанистаналда. Гьезул цӏарал хъван руго Гъизилюрталъул «Афгъаналъулазул ахикь» бугеб мармаралъул хъорщода. Жакъа шагьаралда чӏаго вуго Афгъанистаналъул рагъул 77 ветеран.

Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал школалъул цӏалдохъабаз бицана 1983 соналъул 16 маялда Афгъанистаналда чӏварав Нухӏудин Хӏажиевасул хӏакъалъулъ.

Жиндирго рагъулав гьалмагъ-ги хвасар гьавун, минаялда тӏа-деги ккун, хун вуго гьев. Жакъа Нухӏудинил цӏар кьун буго гьев цӏа-лараб росдал школалъе, гьенибго рагьун буго гьесул цӏаралда музейги.

Абадиялъго жидерго цӏарал мармар гьецӏоялда хъварал Гъизилюрталдаса гӏолохъаби ккола Мухӏамадхӏабиб Темиев, Гӏабдулвагьаб Юсупов, Гӏибайдула Гьиматов, Гӏумар Хӏасанов, Назирдин Салимханов, Россиялъул Бахӏарчи Нухӏудин Хӏажиев, Алхан Капаров, Хӏасрат Хӏасратов, Александр Шапошников, Ахӏмадула Гунашев ва Гӏусман Мухӏамадов.

Гьединал данделъабазда кидаго гӏахьаллъи гьабула Хӏасратов Хӏасратил эбел-инсуцаги. Хӏасрат гьавуна 1965 соналда Махӏачхъалаялда. Афгъанистаналде гьев ккана Саратовалъул юридикияб институталда цӏалулев вукӏаго армиялде ахӏун хадув, 1984 соналда. Чӏвана 1986 соналъул январалда.

Гьенибго Гъизилюрт шагьара-лъул мэр Малик Патахӏовас «Болъихъ районалда рагъ ккаралдаса 20 сон тӏубаялъул» медаль кьуна шагьаралъул собраниялъул депутат Хӏажи Биярслановасе. Гьеб щвана 1999 соналъ хъачагъал нахъчӏвазелъун гӏуцӏараб милициялъул къокъаялда гъорлъ вукӏарав полициялъул полковник Абакар Гӏабдулкъадировасеги.

Баркалаялъул кагъат кьуна гьеб тадбир бачарай №2 школалъул директор, шагьаралъул Жамгӏияб Палатаялъул вакил Азипат Шагьрудиновалъеги.

Шагьаралъул Маданияталъул рукъалъул церехъабаз ва школлъималаз концерталъулаб программаги хӏадурун батана ветераназе.