Дербент шагьаралъул мэр Хизри Абакаровасда ракӏалда буго некӏсияб шагьаралъул хӏакъикъияб ригь щиб бугебали мухӏкан гьабизе. Гьелда тӏад хӏалтӏизе Россиялдаса археологазул къокъа ахӏизе ракӏалда буго гьесда.
Амма гьелдасаги цебе гьел археологал тӏад хӏалтӏизе рагӏула Нарын-Хъалаялда батараб некӏсияб хутӏелалъул цӏех-рехалда тӏад. 18 февралалда хӏалтӏулаб сапаргун Москваялда вукӏаго, Дербенталъул мэр дандчӏван вуго археологазул къокъагун. Гьеб дандчӏваялда гьесда цадахъ вукӏун вуго Россиялъул гӏелмабазул академиялъул гӏалимчи, нилъер ракьцояв Хизри Гӏамирхановги. Гьеб дандчӏваялъул хӏасиллъун ккана, дунялалдаго цӏар рагӏарал Россиялъул Гӏелмабазул Академиялда хӏалтӏулел археологал Леонид Беляевги Владимир Седовги Дербенталде ахӏизе.
Гӏалимзабазул хасаб комиссияги гӏуцӏун, шагьаралда ругел киналго тарихиял бакӏазул мухӏканго цӏех-рех гьабизе буго гьез, гьелдаго цадахъ Нарын-Хъалаялда батараб некӏсияб хутӏелалъулги. Хӏакъикъаталда сундуе гьеб бан букӏараб: хъала хӏисабалдайищ ялъуни лъел нахърател цӏунулеб гъуйищ гьеб букӏарабали чӏезабизе буго гӏалимзабаз.
Хадусеб иргаялда — гьелго гӏалимзаби хӏалтӏизе руго Дербенталъул хӏакъикъияб ригь кинаб бугебали лъазабизелъун.
Амма ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев Махӏач Мусаевас бицана гьел гӏалимзаби Дербенталде ахӏиялъул щибниги магӏна гьечӏилан.
«Дербентги гьелъул тарихиял бакӏалги тӏокӏкӏун лъалел, бергьарал гӏалимзаби руго жакъа республикаялда. Къватӏиса чи гьанив хӏажат гьечӏо. Москваялдаса археологал гьанире рачӏани, гьез цин нусго батӏияб тӏехь цӏализе ккола некӏсияб шагьаралъул тарихалъул хӏакъалъулъ. Дора Москваялдаги рукӏун, гьоркьохъел гӏасрабазул тарихалда гъорлъан, Дербенталъул гьез гьабулеб цӏех-рехги, гьаниб бугеб тарихги тӏубан батӏияб жо букӏин бичӏчӏизе ккола гьезда. Ахирги гьелъул щиб ккезе бугебали лъалищ, нижеде тӏаде ккезе буго гьеб кинабго хӏалтӏи», — ян абуна Махӏач Мусаевас.
Дербенталъул чан сон бугеб абураб суалалда тӏасан гӏалимзабазул бахӏс унеб букӏана щуго соналъ цебеги. Официалияб куцалъ рикӏкӏуна некӏсияб шагьаралъ 2000 сон бугилан. 2015 соналда гьеб юбилейги кӏодо гьабун букӏана Дербенталда. Амма руго гӏалимзаби гьелъул 5000 сон бугилан абулелги.