{mp3}3{/mp3}
15 февралалда 31 лъагӏел сверана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Гьезда гьоркьор рукӏана 3000-ялдаса цӏикӏкӏун нилъер ракьцоявги. Щибаб соналъ гьеб къо тӏаде щварабго, Махӏачхъалаялда бугеб «Афгъаназул ахикье» ракӏарарал гьезие тӏанчидасан баркиялъул каламги цӏалун лъугӏула хӏакимзабаз афгъаналъулазул гьабулеб хӏурмат.
Гьеб цохӏо дир пикру гуро, жалго Афгъаналъул ветераназ чанго нухалъ тасдикъ гьабураб хӏужа буго. Гьединлъидал нижеда ракӏалде ккана гьезул цо-цоязул ракӏалдещвеял кьезе жакъасеб номералда.
Дида, Афгъанистаналъул цӏар бахъарабго, тӏоцебе ракӏалде щола лъимерлъи, магӏарухъ гортӏа лъураб радио. Гьенисан Патӏимат Магаевалъ ахӏулеб цӏакъ ракӏгурхӏараб кечӏ. Афгъанистаналда чӏварав Шамил районалъул Тӏелекьа гӏолохъанчиясде гьабураб гьеб кечӏ рагӏарабго цадахъго гӏодулаан дир эбелги:
Егун макьу гьечӏо, магӏарулалъе —
Афгъанистаналда рагъда вуго вас…
Хӏакъикъаталдаги я макьил, я кванил тӏагӏам букӏинчӏо рагъулъ жидерго васал ругел улбузе. Гьезул чамазул ургьимес бежизабураб маххул къалиялъуб бачӏараб жаназаялъ.
Афгъаналъул мугӏруз
бахъараб сахлъи
Гъуниб районалъул Гьонодаса Хӏайбулаев Нустӏапа Афгъанистаналде ккана 1986 соналда. Хъулухъ гьабизе ккана Кундуз шагьаралде. 1987 соналъул хасалихъе захӏматго лъукъун вуго гьев. Гӏагарлъиялда гьелъул хӏакъикъат лъалеб букӏунги гьечӏо. Гьанже нахъе гьечӏей гьесул яцалъ бицунаан жинда лъалаанин гьев Афгъанистаналда вукӏаравлъи, амма Нустӏапаца гьеб бахчулеб букӏин рекӏее гӏечӏей гьелъ кагъат хъван буго гьесухъе:
«Нустӏапа, щай дуца бахчулеб мун Афгъанистаналда вукӏин? Нижер ракӏал чармил ругеланищ дуда кколеб? Гьадинги ургьимес бежулеб бугин дир дур пикрабаз», — ан. Москваялъул госпиталалда сахги гьавун вачӏана Нустӏапа.
Гьев рокъове щун вугилан рагӏарай жий, унго, чӏаго вугищ дир вацилан гӏодилаго, гьесда данде екерараб куц ракӏалде щвезабулаан Умайсатица.
Живго Нустӏапае Афгъанистаналда вукӏараб заман ракӏалде щвезабизе бокьуларо. Чан нухалъ хӏалбихьаниги, кӏвечӏо гьесухъа живго лъукъараб куцалъул хӏакъалъулъ бицинабунги.
«Дида Гъуниб военкоматалде ахӏараб мехалъго лъалеб букӏана дун Афгъанистаналде витӏулеблъи. Махӏачхъалаялде щведал, дир команда хисичӏо, гьеб мехалъ якъинго бичӏчӏана гьениве кколеблъи. Анлъго моцӏ Узбекистаналъул Термизи шагьаралда бана рагъуе куцалаго. Дирги цогидасулги рес букӏана рагъде инарин чӏезе. Доре ине къоял хутӏарабго, плацалда, киналго ракӏарараб бакӏалда генералас гьикъидалха нижеда лъиейин бокьун гьечӏеб Афгъанистаналде инеян. Дида кӏолаан дун витӏугейин абизе, амма, бадире ралагьун мунго гӏадал гӏолохъабиги рукӏаго, кинха гьедин абилеб?»
Афгъанистаналда лъукъун хадуб, Нустӏапае щун руго «Багӏараб Цӏва» орденги цогидал медалалги.
«Гьел шапакъатаз дие кьезе жо гьечӏо. Щиб гьез гьабизе бугеб, дир араб гӏолохъанлъиги, Афгъанистаналъ чӏвараб сахлъиги гьез тӏадбуссинабиларо. Гӏицӏго пашманал ракӏалдещвеял гурони, гьез дие кьезе жо гьечӏо», — ян абуна гьес
Рази гьечӏо Нустӏапа жакъасел хӏакимзабаз Афгъанистаналъул ветераназдехун бихьизабулеб бербалагьиялдасаги:
«Щибаб соналъ Махӏачхъалаялда Афгъаназул ахикье нижги ракӏарун, тӏанчидасан цого рагӏабиги цӏалун, баркула гьез нижеда 15 февралалъул къо. Амма тӏокӏаб гьездасан щолеб жо гьечӏо».
1999 соналъ Болъихъе Басаевасулги Хаттабилги аскар бачӏиндал, «Интербригадаялда» цадахъ гьениве ине жиндир цӏар тӏоцебе хъван букӏанин бицана гьес.
«Афгъанистаналдаса тӏадруссаразул 50 чи гьенив вукӏана. 15 къоги бана нижеца гьениб. Рагъулъ гӏахьаллъизе дун ккечӏо, амма ракӏалъ ахӏараб гьаги тӏубазабун ун вукӏана гьениве».
Гӏедегӏун кӏетӏана дур рекӏел сагӏат
Гьесдаго релълъараб къисмат букӏанин абизе бегьула цоги дир росуцояв Къурбанов Мухӏамадилги. Гьев Афгъанистаналде ккана 1984 соналда, Саратовалъул политехникияб институталъул тӏоцебесеб курсалдаса хадув. Афгъанистаналде витӏилалде Туркменистаналда бан буго гьесги анлъго моцӏ. Ашхабадалдаса тӏоцебе гьесул кагъат бачӏиндал, бусурбаби ругеб бакӏалде ккун вугин василан, гьедигӏанго ургъелго чӏвачӏин жиндайилан ракӏалде щвезабулаан гьесул эбел Султаноца. Амма инсуда бичӏчӏун буго вас, Афгъанистаналде витӏилалде, гьенив хъулухъ гьабулев вукӏин.
Хадуб кинабго хӏакъикъат бичӏчӏарай эбелалъе сундулго тӏагӏам букӏинчӏо. Васасда цебе чӏезейилан, росдал гӏадамал цӏул гьабизе хьвадулеб жамагӏаталъул нух къачӏан буго гьелъги росасги киридахъ, моцӏица гьениреги хьвадун. Хадув вас унтун госпиталалда вугин рагӏидал, гьесда хадурги ун рукӏун руго. Багӏарараб Афгъанистаналъул ракьалъ рухӏун, пулхарал хӏатӏалгун ватун вуго гьезда Мухӏамад.
Гӏебеде щваравго, жиндирго ракӏалдещвеязда бицунеб букӏун буго гьес, анцӏго кагъат толаанин жиндица, батӏи-батӏияб къо-моцӏги гъоркь хъван, нагагь иргадулаб рагъулаб тӏадкъаялдаса нахъвуссинчӏони, дир эбел-инсухъе ритӏейилан, гьалмагъасда тӏадкъан.
Цо нухалъ, иргадулаб рагъулаб сапаралъ унаго, БТРалде вахарав Мухӏамад гъоркье рещтӏун вуго, гьениб гӏодов чӏезе къваридго батун. Цогидалда тӏадги рекӏун вачӏунаго, гьоркьоб заман индал, кьвагьун буго гьасда цебе-цебе унеб букӏараб, тӏоцеве гьев тӏаде вахун вукӏараб БТР.
Гьелда релълъарал лахӏзатал чанги рукӏун ратила гьесул Афгъанистаналда. Нустӏапаего гӏадин, Мухӏамадиеги бокьулеб букӏун гьечӏо гьеб заманалъул хӏакъалъулъ бицине.
Афгъанистаналъ гьоркьоб къотӏизабураб цӏалиги лъугӏизабун, гьев хӏалтӏана пачалихъалъул жавабиял хъулухъазда. 2009 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вукӏана республикаялъул Хӏукуматалъул ва президентасул администрациялда. Гьелде щвезегӏан чанго соналъ МЧСалдаги хӏалтӏана.
Афгъаналъулазул къо тӏаде щвезе кӏиго къо хутӏидал, исана 13 февралалда хехаб унтиги чӏван, къанщана Мухӏамадил берал. Гьелда цересел къояз хъизангун цадахъ зияраталъ Турциялде ун вукӏана гьев.
Тӏурачӏел анищалгун, гӏумруялде рахъине къотӏи букӏинчӏел чӏахӏиял къасдалги гьанирго тун, ана гьев. Жеги 54 сон бан букӏинчӏо Афгъанистаналъул ветеранас.
Гьесул Инстаграмалда буго 28 декабралда гьединабго хехаб унтиги чӏван гӏумруялдаса ватӏалъарав, Афгъанистаналда цадахъ вукӏарав рагъулав гьудуласул зигара бан гьес хъварал рагӏаби. Доб мехалъ гьесда ракӏалде ккун букӏанадай, кӏиго моцӏ данде щвелалде жиндиргоги къоял лъугӏулел ругилан?
Хадурагӏи
Дие, щаяли лъаларо, цӏакъ гӏагараб буго Афгъанистаналда рагъулел рукӏарал ракьцоязул къисмат. Гьел киналго къисматалъ тӏаса рищун ккарал рукӏана чияр ракьалде. Бищун талихӏкъосаразда жидерго гӏажалги батана гьениб балагьун чӏун. Гьезул щивасул букӏана жиндирго гӏумруги, йокьулей гӏаданги, тӏурачӏел анищалги. Гьезул щивасул букӏана жидерго рухӏияб дунял. Амма къисматалъ батӏайиса къотӏана хӏукму. Чӏаго нахъруссаразулги хутӏана гӏицӏго кьогӏал ракӏалдещвеял…