Магӏарулазул гӏаммаб данделъи бугин рагӏигун гьенибе ракӏ гӏедегӏулеб батила миллат бокьулезул. Амма цӏакъго цӏикӏкӏун гьечӏищ мацӏ цӏунеян ахӏулел, холеб бугин зигардулел, щиб бицунги чӏоларел.

Бухари тӏагъур лъун, чухъа ретӏун, гормендо-чохтӏоялъ гьурмал гургин гьарун рахъулел руго суратал, малъарун кӏалъалел руго данделъабазда. Гӏицӏго гьел суратал гурони цогидаб лъалкӏ рекӏелъ, ракьалда толарезда хӏалкъала цо-цо.

Кӏудияб ахӏи-хӏуралда жалгоги рихьизарун, кьибил щулалъуларел, гӏаркьалаби цӏилъуларел, ишал гьарулезда гьереси-патриотазул рихьдае хӏай абун гуреб, цоги щиб цӏарха лъелеб? Дун магӏарулав вугин цеве вахъун магӏарул мацӏалда щуго рагӏи дандбан бажаруларесе гьелъул бицун щай? Рахъунелго щай халкъалда цере гьороца хъамун унеб тӏамах гӏадаб хабаргун?

Мацӏ цӏунеян трибунаялде рахунел, Шамилил цӏарги байрахъалъе ккун кӏалъалел, магӏуялъ лъалъанищ нужер гьурмал Хӏамзаевасул «Имам Шамил» цӏалун, сороданищ ракӏ Сагӏид-афандиясул назмабаз, малъияз, суалазе жавабаз? Намуслъун багӏарлъанищ Ахӏмад-хӏажил «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах» мажмугӏалде къулун? Кинал тӏахьал ругел нужер столалда тӏад къойил рагьулел? Бугищ Расулил «Дир Дагъистан», халкъалъул гӏакъиллъи жанибе бачарал «Кицаби ва Абиял», «Аварагасул хӏадисал»? Цӏалулищ нужерго районалъул казият, ракьцоял-хъвадарухъабазул асарал, рагьулищ щибаб анкьалъ «Хӏакъикъат», «Ас-салам»? Росулищ гьениса дарсал? Бицунищ гьелъул гьудулзабазул горсверулъ, хъизан-лъималазе рокъоб, годекӏаниб? Мех-мехалъниги нужер ракӏ цӏалищ «Гьудуллъи», «Магӏарулай», «Лачен» журналазде. Гьаб тӏадехун рехсанщинаб щибаб рокъоб цӏалани, «мацӏ цӏуне» абун ахӏи базего ккелароан? Лъалищ цӏиял гьунаразул цӏар. Сурукъ рихьулищ гьалаглъиялъ чангит тӏун араб гӏищкъу халкъалъе гьуршун кучӏдул хъвалел, ахӏулел руччаби? Рекӏее пахрулъи кьолеб, щайтӏан бохулеб ишалда лъеладай баракат? Кинаб мацӏалда нуж Аллагьасде руссунел, какда хадуб хваразе дугӏа гьабулеб?

Нуж ццидаххунге, хириял цӏалдолел, гьал мухъалги цӏалун. Цин — щайтӏаналъухъан, адабгун намус — Аллагьасухъан букӏин малъулеб бугелъул нилъеда.

Бетӏергьанас къуват кьеги ритӏухъаб рагӏул хвалчен лъикӏал ишазе хӏалтӏизабизе.